МагъчIваялъе рес

Политковская чIваялъул ишалда сверун хIукму къотIизе буго 9 июналда


Журналист Анна Политковская чIваялъул ишалда сверун хIукму диванханаялъ къотIизе буго 9 июналда. Талат къоялда букIараб данделъияда прокурораз гьарулеб букIана киналго гIайиб гIунтIизабулезул кIигоясе- Сергей ХIажикъурбановасе ва Лом-ГIали Гайтукаевасе гIумруялъго жанир тIамизе хIакму къотIизе.
20 маялда Москва шагьаралъул диванханаялъул гьа баразул коллегиялъ гIайиб бугевлъун лъазавун вукIана диваналда цеве эхетарав щуявго чи. Милициявлъун вукIарав ХIажикъурбанов ва Гайтукаев лъазарун рукIана гьеб такъсир гIуцIараллъун, МахIмудов Рустамица Политковская чIванин ва гьесие кумек гьабулеб букIанин гьесул вацал Ибрагьимгун ЖабрагIилицайинги чIезабун букIана гьа бараз.
Диваналда цере эхетаразул цонигияв жинда гIунтIизарулел рукIарал гIайибазе мукIурлъун вукIинчIо.
Гьезул адвокатазги тIадчIей гьабулеб буго гьезда гIайиб гьечIолъиялда.
Amnеsty International абулеб инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун халкъазда гьоркьсеб идараялъ Политковская чIваялда сверун диваналъул процесс ритIухъаблъун рикIкIунеб гьечIо журналист чIвазе тIадкъай кьурав чи диваналда цеве эхетичIого.
«Новоя газетаялъул» хIалтIухъан Анна Политковская чIван йикIана 2006 соналъул 7 октябралда Москваялда жиндирго рукъое жание лъугьунеб бакIалда.
XS
SM
MD
LG