МагъчIваялъе рес

Сугъралъ халкъиял низам цIунулезул къукъаби: лъикlищ, квешищ?


Сугъралъ росу
Сугъралъ росу

Изну гьечIого яргъид гIуцIарал кквеялъе полициялъул хIалтIухъабазе кумекалъе халкъиял низам цIунулезул къукъа гIуцIизе ккеялъул суал лъун букIана дагьаб цебегIан Сугъралъ росулъ букIараб жамагIаталъул данделъиялда. Гьединаб пикруялде гьел рачIана дагьаб цебегIан Гъуниб мухъалда изну гьечIого яргъид гIуцIараз лъабго полициялъул хIалтIухъан чIван, анцIгониги чи лъукъун хадув. Амма гьел къукъаби гIуцIиялъ щибниги хIасил кьезе гьечIилан рикIкIунеб буго цо-цояз.

Халкъиял низамцIунулезул къукъа гIуцIизе ккеялъул тIоцебе бицине байбихьун букIана 22 маялда Гъуниб мухъалъул Сугъралъ росулъ жамагIаталъ данделъи тIобитIун хадуб. 15 маялда Гъамсукь росдада аскIоб бугеб Ризванил гьабихъ абулеб бакIалда чIвана полициялъул лъабго хIалтIухъан анцIгониги лъукъана. Гьел рукIана рохьор рахчун ругел изну гьечIого яргъид гIуцIарал кквезе ритIарал полициялъулал. Абулеб буго гьел рохьор рахчарал гIадмал кколин Сугъулдерил абулеб изну гьечIого яргъид гIуцIаразул къукъаялъулин чагIи. Гьезда гьоркьор Сириялдаса гIарцухъ рагъизе рачIарал чагIи ругиланги абулеб буго, амма официалияб куцалда гьеб баян лъицаниги тасдикъ гьабулеб гьечIо.

Ахираб заманалда росулъ ахIвал-хIал квешаб бакIалде бачIун бугилан абулеб букIана Сугъулдерил жамагIаталъ данделъиялда. Гьедин цо-цояз тIалаб гьабулеб букIана росулъ ругел салафиялъулин абулеб кьералъул гIадамазда росу тезабизе кколин, гьездаса бачIараб гIала-гъважа кколин гьеб кинабго абун.
ЖамагIаталъул данделъиялда ахиралда хIукму гьабуна рохьор рахчун ругел изну гьечIого яргъид гIуцIарал кквезе ва гьел ругеб бакIа лъазабиялъул мурадалда полициялъул хIалтIухъабазе кумекалъе халкъиял низам цIунулезул къукъаби гIуцIизе кколилан.
Гьеб пикруялъул рахъккун рагIула Гъуниб мухъалъул нухмалъулев МухIамадов Пахрудиницаги. ЦохIо Сугъралъ гурелги гьединал къукъаби Хьиндахъ, Бухтиб ва Кудали росулъги гIуцIани лъикIаб букIинилан тIаде жубан рагIула мухъалъул нухмалъулес.

Амма «Новоде Дело» газеталъул бетIерав редактор Сагитов ХIажимурадица абулеб буго гьел къукъаби гIуцIиялъул пайда букIине гьечIин тIадеги цIикIкIун зарал гьабун гурониян. Гьелъие мисалллъун гьес бачунеб буго гьединалго къукъаби гIуцIун рукIанин Хважалмахьи росулъги, амма кинаб хIасилин гьелъул ккараб, дагьалги цIикIкIун гIадамал чIванин гьенир. Полициялъулазе кумек гьабизе бокьани чиясе, гьев чара гьечIого халкъиял низам цIунулезул кьералдаса вукIине кколарин, гьес гьадингоги гьабизе бегьулин гьесие кумек.
ГIага-шагарго гьесулго гIадаб пикру баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе Гъуниб мухъалъул Гьонода росулъа Абакаров МухIамадгIарипицаги. 15 маялда Гъамсукь росада аскIор чIварал лъабго полициялзулазул цояв ГIалиев Карим кколаан Гьонодаса. Гьединго анкьго соналъ цебе 2007 соналъул сентябралда росулъе жанире рачIарал, изну гьечIого яргъид гIуцIараз чIвана гьениса ичIго гIолохъанчи, гьедин ахираб анкьго соналда 10 гIанасев чи хвана гьеб росулъ рохьилазул квердасан.

Гьел халкъиял низам цIунулезул къукъа гIуцIун щай гьелъул пайда букIине гьечIебали гьадин баян гьабуна МухIамадгIарипица «Эркенлъи» радиоялъе.
Абакаров МухIамадгIарип: «Гьел къукъаби гIуцIизе бегьила жиб-жиб росулъ, гIолилазе хIалтIиги гIарацги букIина, амма изну гьечIого яргъид гIуцIаразде дандечIей гьабиялда жаниб гьезул хIасил букIинищали лъалароха, дир щаклъи буго гьениб
ЖамагIаталъ хIукму гьабунанин гьединал такъсир тIад бугел гIадамал росулъа къватIире ритIизе гьениб халкъиял низам цIунулезул хIажалъи бихьуларо дида, жамагIаталъул хIукмуялда цебе хIетIе лъолев чи вукIинарилан ккола дида, гьезги кьела гьевчи полициялъухъе, халкъалда гьоркьоса гIадлу-низам цIунизе рахъаразги кьела, батIалъи гьечIелъул гьениб».

Жакъасеб ахIвал-хIалалда гьединал къукъаби гIуцIиялъ хIасил кьезе букIиналда щаклъи буго Гъуниб мухъалъул имам МухIамадов Каримуллагь-хIажилги, жамагIаталъ гьабураб хIукмуялъулги, гьез гьабураб хIалтIулги къуват цебе букIанин абулеб буго гьес.

МухIамадов Каримула-хIажи: «ЖамагIаталъул гьединал гIадамаздехун рокьукъалъи бугони гьел я росу тун къватIире уна, яги тIагIуна. Цебе Сугъралъ букIана росулъ гIадлу-низам хвезабурав чиясухъе кьолеб гIарчI. Нахъа рахасги бараб цIулал хIехь гIадаб жо букIана гIарчIилан абун. Мехтун, вагъун гIадлу-низам хвезабурав чиясухъе рокъоре цадахъ чанго жамагIаталъул вакилги ун гьесул горбода балаан гьеб гIарчI, гьанже мун гьалъие мустIахIикълъанилан абун. Гьанже гьеб гIарчIги гьечIо, росулъ гIадлу-низамги хун буго, гьениб кинабго ишалъул гIоркь ккурал гIдамалги руго Сугъулдерил шагьаралда чIарал гIадамал, гьезул сиясат буго гьабсагIат росулъ билълъанхъизабулеб.
Гьел къукъабиги гIуцIизе бегьила, амма Дагъистаналда гьоболасда хадуб туманкIги кьвагьуларо, гьесие гъоркьчIелги гьабуларо, гьединаб къиматги букIаго кинаб хIасилха гьелъул ккелеб. Гьезие жидеего бокьичIони, гьез кваназеги гьаричIони лъол гIадамалги рохьахъ рукIиниш?».

Кин бугониги Сугъралъ росулъ гьел къукъаби гIуцIиялъул хIалтIи тIадбан унеб бугилан абулеб буго МугIрузул мухъазда вугев президентасул вакил хисулев МухIамаддадаев ГIамирханица. Советияб заманалда рукIаралго гIадада халкъиял низам цIунулезул гIадал масъалаби рукIине рагIула гьезулги, амма ярагъ гьезухъе кьезе рагIуларо.
Ашахан
XS
SM
MD
LG