МагъчIваялъе рес

Украиналда рагъулаб операция


Донецк. Россиялдехун цIикIкIкараб цIайи бугел сепаратистаз баррикада балеб буго. 2014 соналъул 27 май.
Донецк. Россиялдехун цIикIкIкараб цIайи бугел сепаратистаз баррикада балеб буго. 2014 соналъул 27 май.

Донецкалда, Мариуполялда ва Славянскалда халат бахъунеб буго яргъид гIуцIарал сепаратисталгун Украиналъул аскариязул дандечIей. CNN телеканалалъ эфиралде кьураб репортажалда цо-цо яргъидгIуцIараз абулеб буго жал чачанал ругин.

Яргъид гIуцIарал сепаратистазда гъорлъ чIварал ва лъукъарал руго, аскарияздайин гъорлъ къурбанал гьечIо, ян лъазабуна Украиналъул жанисел ишазул министр Арсен Аваковас. ЧIван ругин цо-цо ракълилал гIадамалги.
Арсен Аваковас гьединго абуна гьанже Донецкалъул халкъаздагьоркьосеб аэропорталда тIад аскарияз тIубараб контроль босун бугин.

Бищун захIматаб кьал багъарун букIана итни къоялъул къаси Донецкалда сепаратистаз халкъаздагьоркьосеб аэропорт ккун хадусала. Аскарияз гIарада бана ва аваиация хIалтIизабуна гьезде данде.

Гьелдалъун сепаратистал нахъе гъун рукIана. Талат къоялъ рагъулал ишал гьоркьоса къотIун рукIана.

Донецк икълималъул администрациялъул баяналда рекъон шагьаралъул азарханабазде щвезарун руго 15 чи. «Донецкалъул Халкъияб Республикаялъул» бетIерлъун лъазавурав Павел Губаревас абуна 35 яргъид гIуцIарав чIван вугин.

Петербургалъул Щуабилеб каналалъул мухбир Леонид Муравьевас абулеб буго жинда бихьанин гьел сепаратистал рекIараб автомобилалде гумпара бан бугеблъи, хасго гьелъул хIасилалда гьел чIванин. Ва дурус гьабуна жинда 24 жаназа бихьанин.

Гьелда цебе CNN телеканалалъ эфиралде биччараб репортажалда рехсараб автомобилалде рекIараз абулеб букIана жал чачанал ругин, ва жал гьенире Къадыровас витIанин.

Амма Чачан республикаялъул бетIерас официалияб къагIидаялда лъазабуна жинца Донецк икълималде жидерго къукъаби ритIичIин.

«Украинская правда» газеталъ сепаратистазул баяналда мугъ чIвай гьабун, лъазабуна, гIаммаб къадаралда 150 чи чIван ва 300-гIан чи лъукъун вугин.
Жидеда бихьаралъул бицен гьабулеб буго социалиял сайтазда нугIзазги. Масала Славянск шагьаралда гIарада баялъул хIасилалда гIадатиял гIадамаз рукIа-рахъин гьабулел рукъзал рихханин. Вугин цо чIваравги.


Мариуполялда украиналъул аскарияз тIагIинабунин доб пуланаб Донецкалъул Халкъияб Республикаялъул штаб. Дова щуго сепаратист чIван вугин.
Талат къоялъул радал сепаратистаз тана цебе жидецаго ккун букIараб Артемовск шагьаралъул шураялъул мина. Гьадинаб лъазаби загьирабун буго шагьаралъул официалияб сайталда.

Арал президентасул рищиязда бергьарав Петр Порошенко итни къоялъ тIобитIараб митингалда мухбирзабазде абуна, терроризмалде данде бачунеб операциялъе цо чанго сагIат гIелин. Гьеб операция тIобитIизе бугин Украиналъул машрикъалъул рахъалда яргъид гIуцIарал шинал сепаратистал тIуранго тIагIинаризегIан. Гьадинаб лъазабигун цеве вахъана Украиналъул вице-премьер Виталий Яремаца.

Сепаратистазде данде рагъулаб операция багъарун хадуб Россиялъул къватIисел ишазул министр Сергей Лавровас тIалаб гьабуна гьеб кватIичIого чIезаби.
XS
SM
MD
LG