МагъчIваялъе рес

МахIачхъалаялъул аэропорталъул цIияв бетIергьанасде хьул


МахIачхъалаялъул аэропорт
МахIачхъалаялъул аэропорт

25 маялъул сардилъ Москваялдаса МахIачхъалаялде бачIунеб букIараб Ту-204 самолет гIодоб рещтIинеги кIвечIого,Минеральные Воды шагьаралде ана. МахIачхъалаялда тIад лъабго нухалда тIавап гьабуна гьелъ. Гьелъие гIилла щиб ккарабали жеги мухIкан гьабулеб гьечIо. Амма цереккунисел баяназда рекъон, самолеталъул цо алаталда жанибе хIинчI ккун рагIула.

Гьелда бан гIадамазда гьоркьобги интернеталдаги разилъи гьечIолъи буго. Гьез абулеб буго сардилъ МахIачхъалаялъул аэропорталъул сверухълъиялдаса гIебеде хIанчIи кин рукIунелали бичIчIуларила, гьединго, щаялиго, гIемерисеб мехалда Москваялдагун МахIачхъалаялда гьоркьор рорженал гьарулел аэропланазул кколила гьединал гIунгутIаби. Гьаниб рехсезе бегьула чанго соналъ цебе ккараб аварияги. Гьаваялде боржун 15 минуталдасан рещтIинабизе ккана Домодедовоялда МахIачхъалаялде унеб букIараб аэроплан.
МахIачхъалаялъул аэропорталъул гIунгутIабазул ва масъалабазул бицараб пресс-конференция.

Гьелда гIахьаллъана аэропорталъул вакил Сергей Невзоровги транспорталъулгун промышленносталъул министр хисулев ХIажи Ражабовги. Гьез бицухъе, Минводы шагьаралдаса хадуб Шималияб Кавказалда гIадамаз гьарулел рорженазул рахъалъ МахIачхъала кIиабилеб бакIалда буго. Амма гьедин букIаниги, авиабилетал руго кутакалда багьаял. Масала, МахIачхъалаялдаса Москваялде щвезегIанги океанги къотIун Москваялдаса Нью-Йоркалдеги щвезегIан роржен цого бугилан махсара гьабула дагъистанияз.

Халкъазда гьоркьосеб цIар бугеб аэропорталда чIахIи-чIахIиял аэропланал къабул гьаризеги цогидалъеги гIарац аэропорталъул цIи вачIарав бетIергьанас кьеялде хьул загьир гьабуна пресс-конференциялда ХIажи Ражабовас. Гьес бицана 6 июналда МахIачхъалаялъул аэропорт босиялда бан гьабизе бугин аукцион. Амма щал гьенир гIахьаллъизе ругелали лъалеб жо гьечIила. ТIубан аэропорталъул пакетал росаниги, Дагъистаналъул хIукумат гьениса нахъе унин абураб магIна кколарила гьеб. Масала, аэропланал рещтIине хIажалъулел нухал къачIазе 150 млн гъурущ биччазе гьабураб хIукму бугила. Цебехун бицухъе, жакъа къоялде щвезегIан жеги лъицаниги гIарза кьун гьечIин хIукуматалде аэропорт босиялъулъ гIахьаллъи гьабизейин абуна ХIажи Ражабовас.

ХIажи Ражабов: «МахIачхъалаялъул аэропорт босизе къваригIун рагIулин абун бокьарав чиясул цIар рехсезе бегьула – Ражабовасулги, гьанив гIоов чIун вугев аэропорталъул вакил Невзоровасулги, цогидазулги. Амма дица абулеб гьечIищха, аукционалда гIахьаллъизе къваригIарал чагIазул хъвай-хъвагIай гьабун гьечIо жеги. У, дидаги рагIун букIана олигархал, вацал МухIамадовазе къваригIун бугин гьеб босизе, олигарх Сулейман Керимовасеги къваригIун бугин. Лъалароха, цеве вахъарав чи гьечIо жеги. Цоял чIун ратила цогидаз гьенибе гIарза кьолищали балагьун, ялъуни чIун ратила кулуаразда хасал кIалъа-басаял гьарун рахъинегIан.

ГIадатияб жо гурелъулха гьеб – МахIачхъалаялъул аэропорт. Гьелда хадуб халкквей буго гIорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалазул министерлъиялъулги, хIинкъи гьчеIолъи чIезабиялъул федералияб хъулухъалъулги, Россиялъул улка цIуниялъул министерлъиялъулги, гIорхъаби цIунулезулги. Гьел киназулго тIалабал тIуразе кIвезе ккола доб аэропорт босарав чиясда. Гьеб аэропорт босанигицин, гьев чиясул бетIергьанлъиялде унаро гьелъул кинабго магIишат. Масала, аэропланал рещтIунелги гьаваялде рахъунелги нухал ва цогидаб. Киналго аэропортал уна федералиял агентлъабазда гъорлъе».

ХIажи Ражабовас абуна 6 июналде щвезегIанги гьеб гIарза кьолев чи вахъинчIони, аукцион цоги заманалде бахъизе бугила.
XS
SM
MD
LG