МагъчIваялъе рес

Украинияз Прагаялдаги кьуна жидерго гьаркьал

25 маялда тIоритIарал Украиналъул президентасул рищиязда гIахьаллъана жибго ватIаналда гурегби – къватIисел улкабаздаги гIумру гьабулел украиниял. Рищиял байбихьизегIан Украиналъул къватIисел ишазул министерлъиялъ лъазабуна къватIисел улкабазда вугев 400 азаргогIан украинияс гьаркьал кьезе ругин. Амма киназего гьадинаб рес швечIо. Масала Чехиялъул тахшагьар Прагаялда хIисабалде восун вукIана 14 000 украинияв. Рищияздайин гIахьаллъана гIицIго 4000-гIан чи. ГIемерисел батIи-батIиял гъалатIаздалъун сияхIалде гъорлъе росун рукIинчIо. Кин бугониги, рищиял гьенир тIоритIана жигараб къагIидаялда. Суратал рахъана рищиязда гIахьаллъарай украинияй Надежда Йироутовалъ.

Цойги

XS
SM
MD
LG