МагъчIваялъе рес

Украиналда байбихьана президентасул рищиял


ГьатIан къоялъ Украиналда байбихьана президентасул рищиял. Рищиязул бутIаби рагьун ругоан радал сагIат 8-ялда ва хIалтIизе руго къаси сагIат микьгоялде щвезегIан.

Рищиязда гIахьаллъизе хIадурал руго рищарухъабазул 80 процент, ян лъазабуна «Демократикиял жигарал» абураб фондалъ.

Украиналъул къватIисел ишазул министерлъиялъул баяналда рекъон къватIисел улкабазда вугев 400 азаргогIан украинияс гьаркьал кьезе руго.

Украиналъул рищарухъабазул комитеталъ лъазабуна батизе бегьулин улкаялъул машрикъалъул рахъалда хIалуцараб ахIвал хIал букIиналъ рищиязул бутIабазул щугогIан процент хIалтIизе гьечIин.

Бак1алъулаб заманалда рекъон къад саг1ат лъабгоялде Украиналда рищиязул бут1абазде рач1арал рищарухъабазул къадар 40 ц1ик1ун проценталде баханин, лъазабуна Украиналъул рищиязул Централияб комиссиялъ.

Президентлъун вахъине къасд гьабулеб буго 17 кандидатас. Аслияб къец унеб буго бизнесмен Петр Порошенкол ва «Батькивщина» партиялъул бетIер Юлия Тимошенкол рахъ ккуразда гьоркьоб.
XS
SM
MD
LG