МагъчIваялъе рес

Ираналда диваналъул къотIиялдалъун миллиардер чIвана


Ираналда шамат къоялъ Эвин абулеб туснахъалда диваналъул хIукмуялдалъун чIван вуго бизнесчи-миллиардер Махафарид Амир Хосрави.

Гьесда чIвараб гIайиб банкалъулаб хIилла-макру гьаби ва кIиго бащадгун миллиард доллар бикъи.

Хосравица къануналде данде кколареб къагIидаялда кредитал росулаан цо чанго пачалихъияб компания бичун боси мурадалда.

Гьебго гIайиб гIунтIизабун буго жеги 39 чиясде. Ункъгояв чIвазе хIукму гьабун бугоан махIкамаялъ, кIигояв гIумруялъго жаниве тIамизе вуго, хутIарал – 25 соналъ жанире тIамун руго.
XS
SM
MD
LG