МагъчIваялъе рес

Славянск шагьаралда 4 украинияв лъукъун вуго


Славянск шагьаралъул сверухълъиялда бахъараб кьвагьа-гIанхъиялъул хIасилалда Украиналъул ункъго рагъулав хъулухъчи лъукъун вуго, ян лъазабуна Рагъулабгун-политикияб цIех-рех гьабулеб Централъул нух малъулев Дмитрий Тымчукица.

«Информационияб къеркьей», абулеб къукъаялъул баяналда рекъон Россиялдехун цIикIкIараб цIайи бугел хIаракатчагIаз гьитIинаб гумпараялдаса речIун рукIанин Карачун абулеб магIарухъ чIей гьабулеб букIарал Украиналъул аскариязде.
XS
SM
MD
LG