МагъчIваялъе рес

Сирияллда къурбаназул къадар цIикIкIунеб буго


Сириялда гьале лъабго соналда жаниб халат бахъунеб рагъда I62 азарго чи чIван вуго, ян лъазабуна Лондоналда чIей гьабулеб Сириялъул инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъ.

Итни къоялъ загьирабураб докладалда абун буго чIваразда гъорлъ вугин 54 азарго ракълилав инсан, яргъид гIуцIараб оппозициялъул 43 азарго вакил ва президент Башар Асадир рахъ ккурав 61 азарго аскарияв. Сириялдаса къватIивехун гочун анин кIиго бащадгун миллион чи.
XS
SM
MD
LG