МагъчIваялъе рес

КIиабилеб "гургинаб стол" тIобитIана Харьковалда


Шамат къоялда Харьковалда тIобитIана Украиналъул кризисалъул деэскалациялъул ва миллияб цолъиялъул суалал гьоркьоб лъураб кIиабилеб «гургинаб стол».

Гьелъул гIахьалчагIазда цеве вахъунаго, премьер-министр Арсений Яценюкица лъазабуна, Украиналъул хIукуматалда ракIалда бугин регионалиял администрациязе гIатIидал ресал кьезейин, амма лъиениги тезе гьечIин улка бикь-бикьзабизеян.

Консультациязда гIахьаллъарав Украиналъул вукIарав президент Леонид Кравчукица лъазабуна лъабабилеб «гургинаб стол тIобитIизе бугин 2I маялда Черкасаздайин.
XS
SM
MD
LG