МагъчIваялъе рес

Франк-Вальтер Штайнмайерица Украиналда кIалъа-басаял гьаруна


Киевалда Украиналъул премьер-министр Арсений Яценюкилгун кIалъа-басаязда хадуб Германиялъул къватIисел ишазул министр Франк-Вальтер Штайнмайерица лъазабуна, жиндир хьул бугин политиказдаги Россиялъул рахъ ккурал сепаратистаздаги гьоркьор кIалъа-басаял тIоритIиялъул "гургинаб столалдейин" ва гьелъ 25 маялда тIоритIизесел президентасул рищияздацебесеб атмосфера лъикIлъизабизе бегьиялъулин.

Гьес гьединго лъазабуна Украиналъул машрикъалъул рахъалда ахIвал-хIал хутIулеб бугин хIинкъи бугеблъунин.

Одессаялде иналда цеве Германиялъул вакил дандчIвана гьединго Украиналъул къватIисел ишазул министрасул ишал тIуразарулев Андрей Дещицагун ва Украиналъул президентасул ишал тIуразарулев Александр Турчиновгун.
XS
SM
MD
LG