МагъчIваялъе рес

«Газпромалъ» Киевалдаса газалъухъ цебеккунго мухь тIалаб гьабулеб буго


Июналъ бичизесеб газалъухъ цебеккунго миллиард долларалдаса цIиккун мухь кьеялъул банкалъул документ битIана талат къоялда «Газпромалъ» «Украиналъул Нафтогазалъухъе».

Россиялъул концерналъул официалияв вакиль Сергей Куприяновас лъазабухъе, гьеб гIарац кьеялъе биччараб заман рагIула кIиго моцI. 3 июналде щвезегIан гьеб гIарац бачIинчIони, Украиналде газ кьаби чIезабизе рагIула.

Россиялъул премьер-министр Дмитрий Медведевас лъазабун букIана, июналдаса байбихьун Россиялъ Украинаалдаса газалъухъ гIарац цебеккунго босизе бугин. Россиялъул газалъухъ апрелалъ гIарац кьечIого хутIун хадуб Киевалъул налъи бахун буго лъабго миллиярдгун щунусго миллион долларалде.

Украиналъул цIатариялъулгун энергетикаялъул министр Юрий Проданица цебе лъазабун букIана, Киевалъул планалда гьечIин «Газпромалъе» газалъухъ аванс хIисабалда кубометралъухъ 485 доллар кьезейин.

Гьеб гуребги, Украина разилъулеб гьечIо Москваялъ лъазабураб налъи жинда тIад букIиналда.
XS
SM
MD
LG