МагъчIваялъе рес

Цин Амировасда, гьанже ГIабдулатиповасда хурхинабулеб данделъи


Амировасул рахъ ккуразул данделъи, Махlачхъала, 12Aпр2014
Амировасул рахъ ккуразул данделъи, Махlачхъала, 12Aпр2014

КватIичIого МахIачхъалаялда тIобитIизе буго депортация гьабурал халкъазул кIудияб данделъи. Гьелъул бицана 7 маялда республикаялъул тахшагьаралда данделъарал жамгIиял гIуцIабазул вакилзабаз.

Гьеб букIана «За единство и справедливость» абураб жамгIияб гIуцIиялъулги «Справедливая Россия» партиялъулги вакилзабазул данделъи. Депортациялда рукIарал халкъазул масъалаби гьоркьоб лъураб данделъи хIукуматалъул вакилзабазда цадахъищ гьабилеб, яги гьелги гьечIогойищ абураб суалалда сверухъ букIана байбихьуда кIалъай. Цинги хIукму ккана хIукуматалъул чагIазда цадахъ тIобитIизе. Щайин абуни, щиб гьабизе кканиги, гIарац хIажалъулелъул, гIарацин абуни хIукуматалъухъ бугила. Амма хIукуматалъул чагIазда цадахъ гьеб гьабуни, хабар гьезие рекъохъе бицине кколин абурал разилъунгутIиги букIана гьениб. Риччайин гьенире рачIине республикаялъул нухмалъулевги журналисталги, гьеб мехалда бихьилин гьезда жидеца цере лъолел тIалабал законалдаса арал гьечIолъиян абураб хIукму ккана ахиралда гьениб.

Журналисталги ахIизе кколарин гьенире, гьерсихъаби ругин гьелгиян ахIдана цояв, хъвалсан дихъги валагьун. ЖамгIиял хIаракатчагIазул рахIат хвараб жо ккун бугоан дагьалъ цебе «Дагестанская правда» газеталъул редакциялда гьез кьураб пресс-конференциялдаса хадуб официалиял газетаз къватIибе кьураб информация.

Дагъистаналъул халкъазул кIудияб данделъи тIобитIизе гьел чагIаз хIалбихьун букIана цебесеб моцIалдаги. Амма низам цIунулез гьезие квалквал гьабуна.
Гьаб нухалда тIобитIулеб данделъиялдаса «Справедливая Россиялъул» вакил Расулов Руслан махIрум гьавизе къотIиги ккана жамгIиял гIуцIабазул. «Справедливая Россиялъул» нухмалъулев ХIажимурад ГIумаровасги Руслан Расуловасги жидее хилипчилъи бихьизабунин абуна гьез. Цин бугони, щаялиго ГIумаров ХIажимурад вачIинчIила гьеб данделъиялде. КIиабизе бугони, Расуловас жидеда цIарги бахъичIого туснахъалда вугев МахIачхъалаялъул экс-мэр СагIид Амировасул цIар хъван батанила Дагъистаналъул президентлъиялде кандидатура лъурал чагIазул сияхIалда.

Цинги гьесие къваригIун букIанила гьеб данделъиялда гIахьаллъанщинал чагIаз Амиров президентлъун вукIиналъе разилъи кьезе. ПалхIасил, Дагъистаналъул халкъазул данделъиги багьанадуй ккун, Амиров машгьур гьавизе хIалбихьулеб батанила Расулов Русланица. Жибго гьеб данделъи тIобитIаниги тIобитIичIониги жиндие ургъел гьечIин, жиндие хас гьабун прецендент къваригIун бугилан абунила жидеда живго Расуловас. Гьедин бицана 7 маялда букIараб данделъиялда «За единство и справедливость» абураб жамгIияб гIуцIиялъул нухмалъулев ГъазимухIамадов НурмухIамадицаги цогидазги.

ГьабсагIаталда туснахъ гьавун вугев Амиров СагIидил цIар президентлъиялде кандидатураби рихьизарурал чагIазда гъорлъ хъвалеб букIин жамгIиял гIуцIабазул вакилзаби ГъазимухIамадов НурмухIамадидаги, Гъайирбиев Гъайирбидаги, Беймаев Анварбегидаги, цогидаздаги дуца дандбан рагIуларин абидал, ЭР-ялъе гьадин жаваб кьуна Расулов Русланица.

Расулов Руслан: «Гьез диде абулебщинаб жо буго кинабго гьереси. Дандбазе кколел чагIазда данд банги букIана дица гьеб Амировасул суал. Жидеда гьелъул хIакъалъулъ лъалеб жо букIинчIин абулеб рагIула гьез. Гьеб гуребги цогидаб жоги лъалеб гьечIо гьезда, гьедин гIумруялдаса нахъе ккунги руго гьел. Гьедин нахъе ккечIого рукIине, гьез жиде-жидецаго тIоритIизе ккола батIи-батIиял тадбирал. Гьанже гьезда ракIалде ккун буго Дагъистаналъул халкъазул данделъи республикаялъул тIалъиялъул нухмалъиялда гъоркь тIобитIизе. Гьедин гьабуни, гьезие лъикI букIинин ккола дида».

Гьаб нухалда Дагъистаналъул халкъазул данделъи республикаялъул тIалъиялда цадахъ тIобитIулеб букIиналда бан гьабулеб гIайибалъе жаваб гьадин кьолеб буго жамгIияв хIаркатчи Гъайирбиев Гъайирбица.

Гъайирбиев Гъайирби: «Ниж я СагIид Амировасул рахъ ккурал, ялъуни республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповасда данде чIарал чагIи гуро. Амма ниж рази гьечIо гьесул политикаялдаса. Жакъа нижеца рикIкIуна ГIабдулатIиповасул пикраби гIумруялде рахъинарулеб команда гьечIилан. Добго цебесеб гвардия буго. Масала, чанго мухъ буго нухмалъулел хисизе кколел. КигIан нижеца ахIи баниги, митингал гьаруниги, такъсириял ишазул цIех-рехал гьаризе байбихьаниги, Казбек мухъалдаги нухмалъулев хисулев гьечIо…».
Бицен гьабулеб данделъи жамгIиял гIуцIабаз кватIичIого МахIачхъалаялда тIобитIизе буго. Гьениб гьоркьоб лъезе буго аслияб кIиго суал – гьабсагIаталда Дагъистаналда бугеб жамгIиябгун политикияб ахIвал-хIалги депортациялда рукIарал халкъазул масъалабиги.

Жидеца гIумру гьабулеб бакIалъа хIалицаго Дагъистаналъул халкъал Чачаналъе гочинаруралдаса исана 70 сон тIубалеб буго. Рагъул заманалда Гьоркьохъеб Азиялде гочинарурал чачаназул бакIалде зулму гьабун Дагъистаналдаса 186 росулъа 46 азаридаса цIикIкIун чи гочинавун вукIана. Цинги чачанал тIадруссингун, гьел Дагъистаналъул лъарагIлъиялде тIадруссинаруна. Цо-цо халкъалин абуни нахъруссун хадур Дагъистаналдаго жеги цоги бакIалдеги гочинаруна. Гьединлъидал щибаб нухалда цIида-цIидасан магIишат гьабизе кутакалда захIмалъун буго гьезие. Гьедин жегиги лъугIун гьечIо гьел чагIазул масъалаби. Гьезие къваригIун буго пачалихъалъ жал депортациялда рукIарал халкъаллъун рикIкIине.
XS
SM
MD
LG