МагъчIваялъе рес

Донецкалда референдум нахъбахъизе гьечlо


Донецкалда Россиялдехун цIайи цIикIкIарал активистаз инкар гьабун буго 11 маялда Донецк ва Луганск икълимазул статусалда сверун гьабизе бицунеб референдум нахъбахъизе. Гьедин лъазабуна Интерфаксалъе сепаратистазул лидер хисулев Мирослав Руденкоца. «Украинская правдаялъ» хъвалеб буго Донецалда сепаратистаз гIадамазухъе рикьулел ругин гьаркьал кьезе цIуна-къаялъул рахъалъ кинал рукIаниги гIаламатал ай голограммаял яги печатал гьечIел бланкалин. АрбагI къоялда Россиялъул президент Владимир Путиница гьел активистазда гьарун букIана референдумалъул болжал нахъбахъейин.
XS
SM
MD
LG