МагъчIваялъе рес

Исана хIежалде унезул къадар дагьлъана


Исанаги дагь гьабун буго тIолабго Россиялдаса ва гьелдаго гьоркьоб Дагъистаналдасаги хIежалде унел гIадамазул къадар. Цересел соназде дандеккун исана миллиардер Керимов Сулейманицаги гIарац кьезе рагIуларо хIежалде гIадамал ритIизе.

Исана СагIудиязул ГIарабиялде хIеж борхизелъун Дагъистаналдаса ине вуго анлъазарго чи. ГьедигIанасеб бакI бихьизабун буго нилъер республикаялъе. Гьединго, цересел соназ гIадин, Керимов Сулейманил кумекалдалъун исана хIежалде щивго витIулев гьечIо. Гьеб суал роцIинабиялда тIад хIалтIи гьабулеб буго Дагъистаналъул Динияб идараялъ. Амма гьелъул щиб хIасил ккезе бугебали жеги лъидаго абизе кIоларо.

Гьединго, тIолабго Россиялдаса хIежалде инелъун бихьизабун буго 16400 чиясе бакI. Цересел соназде дандеккун гьеб дагьлъизабун буго 3600-гIанасеб бакIалдалъун. Гьелъие ккараб гIиллаялъул бицунаго, Дагъистаналъул хIукуматалда цебе бугеб диниял гIуцIабазулгун хIалтIи гьабулеб идараялъул нухмалъулев МухIамадов Сулейманица абуна гьеб бугила Маккаялда бугеб ХIарамалъул мажгит гIатIид гьабиялъулал хIалтIаби унел рукIиналда бан, сагIудиязул тIалъиялъ гьабураб хIукму. Гьедин, щибаб улкаялъе бихьизабун букIараб къадар 20 проценталъ дагьлъизабун буго. Масала, Россиялъе бихьизабун буго 16400 чиясе бакI.

Дагъистаналъул диниял гIуцIабазулгун хIалтIи гьабулеб идараялъул нухмалъулев МухIамадов Сулейманица бицухъе, Дагъистаналъе бихьизабун буго анлъазарго чиясе бакI. Гьединго, исанаялдаса нахъе билълъанхъизабулеб буго хIежалде ине бокьаразе электроннияб иргаялда хъвай-хъвагIай гьабулеб къагIидаги. Жакъа къоялде ругел баяназда рекъон, гьединаб иргаялда хъвай-хъвагIай гьабун рагIула 350 чияс.

Элекроннияб иргаялда хъвай-хъвагIай гьабуразул исана хIежалде ине рес ва санагIалъи ккечIони, гьединазул ихтияр буго хадусеб соналъ инелъун иргаялда чIезе ва гьел нахъе-цере рачиналъулъ щибго хиса-баси гьабуларин бицана МухIамадов Сулейманица.

ХIежалде ине бокьаразул документал СагIудиязул ГIарабиялъул посольствоялъ къабул гьаризе руго щуабилеб августалдаса I4 сентябралде щвезегIан. Рехсараб улкаялъул посольствоялде документал щвезариялъул хIалтIи гьабизе буго хIежалде гIадамал рачине изну кьурал туроператоразул хIалтIухъабаз.
Цересел соназда гIемерал хIужаби ккана цо-цо туроператораз хIежалде ине бокьарал махсароде кквеялъул. Масала, «Зам-зам» абураб туристазулаб фирмаялъ, хIежалде ритIилилан рагIиги кьун гIадамазухъа бакIарараб гIарац жеги нахъе кьечIолъиялъул гIемер бицана республикаялъул информациялъулал алатаз. Исана кина-кинал фирмабазха гьеб хIалтIи тIубазе бугеб? Гьеб суал кьуна нижеца диниял гIуцIабазулгун хIалтIи гьабулеб комитеталъул нухмалъулев МухIамадов Сулеймание.

МухIамадов Сулейман: «Маккаялде хIеж борхизелъун гIадамал ритIиялъе хIалтIи гьабизе буго лъабго турфирмаялъ. Гьелги ккола «Марва-тур», Караван трэвл» ва Равза-тур». ТIокIал фирмабазул ихтияр гьечIо хIежалъул суалал тIуразариялде гъорлъе лъугьине».

ЭР: «Цере-цере гIадамал махсароде ккурал фирмабазулгун хIалтIи лъицаха гьабулеб бугеб»?

МухIамадов Сулейман: «Гьезулгун хIалтIи гьабулеб буго диванханаялъулгун прокуратураялъул ва низам цIунулезул хIалтIухъабаз. Гьезда тIад уголовияб делоги гьабун буго. Гьеб хIалтIи рагIалде бахъинабизеги буго. Гьединлъидал, гIадамал хIежалде ритIизе ихтияр гьечIел фирмабазухъе паспорталги гIарацги кьезе бегьуларо».

ЭР: «Жидерго автомобилазда рекIун гIодосан хIежалде ине рес бугищ»?

МухIамадов Сулейман: «Гьедин ине россиялъулазе ихтияр кьоларо. Щайгурелъул, ГIарабиязул СагIудиялъул тIалъиялъ гьедин ине бокьаразе визаби рагьуларо. Гьелъие гIиллаги ккола Шамалдаги ГIиракъалдаги ахIвал-хIал лъикIаб гьечIолъи».

Щибаб санайил сахаватчи ва бизнесмен Керимов Сулейманил кумекалдалъун, гурхIел-рахIмуялъулаб фондалдасан Дагъистаналдаса лъабазаргогIанасев чи чIобого витIулаан хIежалде. Исанайин абуни Керимов Сулейманица жиндирго харжазухъ гIадамал чIобого хIежалде ритIулел гьечIин бицана Дагъистаналъул Динияб идараялда.
XS
SM
MD
LG