МагъчIваялъе рес

Гунашев Марат эркен гьавун вуго


 Гунашев Марат ясгун
Гунашев Марат ясгун
МахIачхъалаялъул Советский мухъалъул диванханаялъ ритIухъги гьавун туснахъалъуса нахъе виччана тохтур Гунашев Марат. Гьесда гIунтIизабулеб букIана инзу гьечIого яргъидгIуцIаразулгун бухьен букIиналъул гIайиб.
Гунашев ккун вукIана 2012 соналъул 28 ноябралда азарханаялда жанив операция гьабулеб бакIалда. Доб мехалда гьесда гIунтIизабулеб букIана МахIачхъалаялъул полициялъул бутIаялъул нухмалъулев чIваялъул ишалда хурхен букIиналъул гIайиб.
Гунашевас гьел киналго гIайибал рикIкIунел рукIана гъоркь кьучI гьечIеллъун ва гьев гьезие мукIурлъулев вукIинчIо.
XS
SM
MD
LG