МагъчIваялъе рес

Амировасда тIад диван ва сверухъ хIаял


Саид Амировасе хIалае МахIачхъалаялда 2014 соналъул 12 апрелалда гIуцIараб митингалъул гIолохъанав гIахьалчи.
Саид Амировасе хIалае МахIачхъалаялда 2014 соналъул 12 апрелалда гIуцIараб митингалъул гIолохъанав гIахьалчи.

Дагъистаналъул прессаялда аслияб темалъун хутIулеб буго Саид Амировасда тIад гьабулеб диван. Гьаб анкьалдаги гIемерисел газетаз тIоцересел гьурмазда борхулеб буго гьеб тема.

Блогаздаги, социалиял сайтаздаги дагъистанияз гIемер хъвалеб буго гьеб диваналъул хIакъалъулъ. Гьел хъвай-хъвагIаязул къокъаб хIасил гьабидал, рихьулел руго интересал пикраби. Мисалалъе: Амировасда тIад гьабулеб диван къануназдалъун гьабулеблъун кколаро, амма рекъон гьесие гьеб, щай абуни къанун щиб жо лъаларев чилъун вукIана гьев. Диваналъулни жиб-жиб данделъи гъалмагъираздалъун унеб буго.

РакIалде щвезабила, Амировасда ва гьесул вацасул вас Юсуп Жапаровасда тIад диван гьабизе байбихьана 24 апрелалда Ростов-на-Донуялда бугеб Шималияб Кавказалъул рагъулаб диванханялда.

ЦIех-рехалъул материалазда рекъон, Амировас къасд гьабуна Джапаровасул кумекалдалъун Пенсиязул фондалъул Дагъистаналда бугеб идараялъул нухмалъулев Сагид МуртазагIалиев чIвазе.

«Стрела-2» абураб зенитно-ракетнияб комплексги хIалтIизабун МуртазагIалиев жаниб вугев самолет кьвагьизабизе ракIалда букIанин Амировасдаилан рикIкIунеб буго цIех-рех чагIаз.

Гьезул баяназда рекъон, МуртузагIалиев чIваялъе ярагъ боси Хасавюрталъул прокурорасул кумекчи МухIамад ГIабдулхIалимовасда тIадкъан буго Амировас.

Диваналъул данделъабазда МуртазагIалиевасеги ГIабдулхIалимовасеги гьабуна цIех-рех. МуртазагIалиевасул суравалда тIаса бищун гIемер хъвана блогераз. РакIалде щвезабила, диваналъул данделъиялда гьев вачIинчIо, амма баянал кьуна видеобухьенги гьабун.

Гьес бицана жинда рагIанин Амировас жив чIвазе къасд гьабураблъи. Амировасе жив щай чIвазе вокьун вукIаравали рехсараб чанги мисалги бачана гьес. Гьелги, пенсиязул фондалъ МахIачхъалаялъул идарабазе гьарулел халгьабиял, Каспийскалъул мэрасул рищщиязда сверухъ хIаял ва гь.ц.

ГIабдулхIалимовасги бицана диваналда жинца «Стрела-2» жиндирго гIарцухъ босанин, щайгурелъул Амировас абунин, гьесие Каспийскалъул администрациялъул нухмалъелусул хъулухъ кьелин. Амма сундуе Амировасе ярагъ къваригIун бугебали лъан хадуб, гьес МуртузагIалиевасул чиясде бицун буго кинабго.

ГIабдулхIалимовасулги МуртузагIалиевасулги баянал гьадингосел харбал ругин, ургъарал жаллъун ругин абуна Амировас. Гьедин рикIкIунеб буго гьесул адвокатазги. Гьал къоязда гьез журналистазе абуна диваналда ГIабдулхIалимовас бицаралда рекъон, гьесие гIакъубаби кьолел рукIанин токги хIалтIизабун.

«Лъаларо, кинав чиясда кIолеб токалъул гIакъубаби хIехьезе. Гьединал гIакъубаби жиндие кьунилан абурав чиясул баяназда кин кIвелеб божизе? Гьесни абуна гIакъубаби жиндие кьунин Амировасда хъинтIарал гурел, цогидал баянал кьеян. Амма ГIабдулхIалимов жеги низам цIунулезухъ кодов вуго, лъида лъалеб, гьесие хIинкъалаби кьолел ратила», - ян абуна адвокат Владимир Постанюкица.

Гьес гьединго абуна ГIабдулхIалимовас Амировасда тIаса баянал кьолел ратилин гьес гьарурал цогидал такъсираздасан щвезе бугеб тамихI низам цIунулез тамахлъизабиялъе гIоло.

Постанюкица бицана Жапаровасдаги низам цIунулез абулеб букIанин имгIаласда тIаса сурав кьунани гьев гIунтIизабулеб гIайибалдаса вацIинин.

Дагъистаналъул газетабазда хъвалеб буго Амировасда тIад гьабулеб диваналъ республикаялъул тарихалда лъалкI телин. «Черновик» газеталъ рикIкIунеб буго гьеб диван кколин бищун резонансияб диванлъун.

Диваналъул данделъабаз жеги бихьизабичIо хIукму лъил рахъги ккун къотIилеб, амма бихьизабуна цониги рахъалъ гали нахъе тIамизе гьечIеблъи.

Амма гьединго бичIулеб буго диван халатбахъине гьечIеблъи. ГIадада гуро диванчияс Амировасе пачалихъияв лъабго адвокат вихьизавурав. РакIалде щвезабила, Амировасулги Жапаровасулги ихтиярал диваналда цIунулел руго анцIго адвокат гъорлъ вугев къукъаялъ.

Экспертаз рикIкIухъе, диванчияс лъабго адвокат вихьизавуна Амировас ккурал адвокатаз диваналъул данделъаби гьоркьоса къотIизаричIого рукIиналъе.

Адвокат Постанюкил рагIабазда рекъон, ГIабдулхIалимовас гIемер гьереси бицунеб буго диваналда.

Владимир Постанюк: «Гьес диваналда кьурал баяналги цIех-рех чагIазе кьурал баяналги дандекколел гьечIо. ТIадежоялъе, гьесда кIолеб гьечIо чIванкъотIун жаваб кьезе, прокурорасде валагьулев вукIана мех-мехалдаса щиб абизе лъаларого.

Гьеб диванчиясдаги бихьана, диваналде рачIарал цогидаздеги бихьана. Гьединго гьесда абуна гьев Амировасул кабинеталде щун ватани, кинаб гьеб кабинет букIарабали бицеян. Гьесни бицана, амма кинабго мекъ бицана. Гьелъ бихьизабулеб буго гьев Саид Жапаровичасул кабинеталда киданиги вукIинчIин».

Ахиралда тIаде жубала, «Новое дело» газеталда хъвалеб буго гьанже гIемер рагIулеб бугин уголовияб делоялда гъоркь ругел хIакимаз абулеб жидер ихтиярал хвезарулел ругин.

Цебе гьел хIакимазги цогидал хIакимазги къануналъул расниги ургъел гьабулеб букIинчIо, бокьахъе гьеб хвезабулеб букIана, гьанже гьезие гьеб хIалтIизе бокьун бугоян хъвалеб буго газеталда.
XS
SM
MD
LG