МагъчIваялъе рес

Меркелица Путингун гара-чIвари гьабуна


Алманиялъул канцлер Ангела Меркелица Россиялъул президент Владимир Путингун телефонияб гара-чIвари гьабулаго, Украиналда ккурал Европаялда ХIинкъи гьечIолъи цIуниялъул ва рекъон хIалтIи гьабиялъул гIуцIиялъул рагъулал тохалчагIи эркенлъуде риччайилан абураб ахIи бана.

Кремлалъул пресс-хъулухъалъул баяналда рекъон кIиябго рахъалъ кIвар буссинабуна Украиналда ОБСЕ-ялъул гьоркьохъанлъиялде.

Путиница абуна, тIоцебесеб иргаялда кколин жанубиябгун шималияб рахъалдаса аскариял нахъе рачине ва гIатIидаб миллияб диалог байбихьизе конституционияб реформаялъул суалгун гьоркьоб.
XS
SM
MD
LG