МагъчIваялъе рес

Афгъанистаналда 60 тIалиб чIван вуго


Афгъанистаналъулгун Пакистаналъул гIурхъида аскIоб хIукуматалъул аскариязда ва тIалибазда гьоркьоб багъарараб кьалда 60-гIанасев тIалиб чIван вугин абуна Афгъанистаналъул миллияб хIинкъи гьечIолъи цIунулеб хъулухъалъ.

Гьеб кьал багъарана «ХIакъани» абулеб радикалияб гIуцIиялъул 300 гIанасев рагъухъаназ Зирук шагьараллда ругеб балагьутIа-бакIал рахъизе къасд гьабун хадусала. Рагъулаб операция тIобитIана Магърибалъул авиациялъул кумекалдалъун.
XS
SM
MD
LG