МагъчIваялъе рес

Амировасул диваналда баянал кьуна аслияв нугIас


Саид Амиров Ростовалъул диваналда.
Саид Амиров Ростовалъул диваналда.

Саид Амировасда ва Юсуп Джапаровасда тIад гьабулеб диваналъул иргадулал данделъиял тIоритIана 28 ва 29 апрелалда Ростов-на-Донуялда бугеб Шималияб Кавказалъул рагъулаб диванханялда. Гьел процессазда баянал кьуна цIех-рехалъул аслияв нугIас – Хасавюрталъул прокурорасул кумечилъун вукIарав МухIамад ГIабдулхIалимовас.

РакIалде щвезабила, цIех-рехалъул материалазда рекъон, Амировас къасд гьабуна Джапаровасул кумекалдалъун Пенсиязул фондалъул Дагъистаналда бугеб идараялъул нухмалъулев Сагид МуртазагIалиев чIвазе.

«Стрела-2» абураб зенитно-ракетнияб комплексги хIалтIизабун МуртазагIалиев жаниб вугев самолет кьвагьизабизе ракIалда букIанин Амировасдаилан рикIкIунеб буго цIех-рех чагIаз. Гьезул баяназда рекъон, Колхозникас (гьеб буго ГIабдулхIалимовасул тIокIцIар) чIвазе кколев вукIун вуго МуртазагIалиев.

Араб анкьалда МуртазагIалиевасухъа босун букIана сурав. Диваналъул данделъиялда гьев вачIинчIо, амма баянал кьуна видеобухьенги гьабун. Гьес бицана жинда рагIанин Амировас жив чIвазе къасд гьабураблъи.

«Нижер интересал дандечIварал батIи-батIиял политикиял ахIвал-хIалал рукIана. Дихъе чанги хабар щолеб букIана, гьелдалъун дица хъизанцин цогидаб улкаялде гочинабуна. Хадуб дида рагIана дир самолет кьвагьизабизе бокьун бугин. Гьеб Амировасул мурад бугин рагIана», - илан бицана диваналда МуртазагIалиевас.

Амировасе жив щай чIвазе вокьун вукIаравали рехсараб чанги мисал бачана гьес. Гьелги, пенсиязул фондалъ МахIачхъалаялъул идарабазе гьарулел халгьабиял, Каспийскалъул мэрасул рищщиязда сверухъ хIаял ва гь.ц.

28 апрелалда тIобитIараб данделъиялда сурав тIоцебе кьуна Кохозникасул шофер Мурад ГIалиевас. Гьес бицана жинца чанги нухалда ГIабдулхIалимов щвезавунин МахIачхъалаялъул мэриялде. Гьениве Колхозник Амировгун дандчIвазе унев вукIанилан, абуна нугIас.

Гьесул рагIабазда рекъон, гьес ГIабдулхIалимовасул чанги буюрухъ тIубалеб букIун буго ва кидаго цадахъ вачулев вукIун вуго. «Чанги нухалда бихьана гьес яарагъ босулеб. Хадуб гьес гьеб сайгъат гьабулеб букIана лъалел-хъвалезе. Гьесухъ кIиго пулемет букIана, винтовкаби ва тапанчаби рукIана», - илан абуна диваналда ГIалиевас.

МуртузагIалиев чIвазе Амировас Колхозникасда тIадкъараблъи ГIалиевасда лъан буго диктофоналъул кумекалдалъун. Гьес бичIчIизабуна жив хIинкъун вукIанин ГIабдулхIалимовасе жив рекIее гIолеб гьечIилан ва гьелдалъун гьесда хадуб халкколеб букIанин диктофоналдалъун.

Аппарат ГIалиевас бахчун буго Каспийскалда бугеб Колхозникасул «М-клуб» кафеялда. Диктофоналъул аудиофайлаздасан ГIалиевасда лъан буго Чечнялдаса цо рагъуласухъа Колхозникас зенитно-ракетнияб комплекс «Стрела-2» босизе кколеблъи.

Амировасул адвокатаз абуна ГIалиевас цIех-рехалда кьурал баяналги диваналда кьурал баяналги дандекколел гьечIин. Мисалалъе, цIех-рехалда гьес абуна буго ахирисеб мехалда Колхозник Амировасухъа вачIанин цо настроение гьечIого, диваналдани гьес бицана Колхозник кеп-хочалда тIадвуссанин.

ГIалиевасда хадуб баянал кьуна Колхозникас. Амма гьес бицарабги, ГIалиевас бицарабги цо-цо бакIалда дандеккечIо. Мисалалъе, Колхозникица абуна жив цо нухалъ гурони щвечIин Амировасухъе (шоферасни лъабго нухалъ щванилан абуна). Джапаровгун щвараб мехалда Амировас гьесда абун буго жиндирго гIарцухъ «Стрела-2» босеян.

Амировасул адвокат Владимир Постанюкица гьикъана Колхозникасда щай гьес жиндирго гIарцухъ «Стрела-2» босарабали. Колхозникас абуна, жинда бичIчIулеб букIанин ярагъ босулеб мехалда жинца къанунал хвезарулел рукIараллъи, амма гIилла жиндирго гIарцухъ гьеб босиялъе букIанин – Амировас гьесие Каспийск шагьаралъул администрациялъул нухмалъулесул хъулухъ кьелин абун буго.

Колхозникас кьолел баяназда адвокатазе чанги дандеккунгутIиял ратана. Гьесда кIвечIо Амировасул кабинет кинаб букIарабали бицине, гьединго гьесда ракIалда букIинчIо щиб ретIел мэрасда тIад букIараб ва гь.ц.

ГIабдулхIалимовас диваналда бицана, жинда хадуб лъанилан, сундуе гIоло «Стрела-2» къваригIун букIарабали Амироваса ва пикру кканилан ярагъ гьесухъе кьечIого тезе. Гьединго гьес МуртузагIалиевасул чиясда бицун буго Амировасе дов чIвазе бокьун вугин.

Гьесда диваналда гьикъана, щай гьев полициялъ ккуравали. Колхозникас абухъе, къуваталъул идарабазул 50 хIалтIухъан вачIана гьев кквезе, щайгурелъул гьес 1999 соналда рагъулаб гьересияб билетги хIалтIизабун 20 азарго гъурущ босана пачалихъалъухъа…

Гьединго ГIабдулхIалимовас бицана, 2013 соналъул марталда низам цIунулез гьесие гIакъубаби кьезе байбихьана. Вуххун-кьабун, ток хIалтIизабун гьев мукIурлъизавулев вукIун вуго чамалиго такъсир жинца гьабунилан абизе. Гьеб кинабго Дагъистаналда букIанин, абуна ГIабдулхIалимовас.

Москваялде гьев вачараб мехалда гьевгун, гьес бицухъе, нормалияб къагIидаялъ кIалъалел рукIун руго. Гьеб мехалда гьес бицун буго Амировасулги «Стрелаялъулги» хIакъалъулъ. Амировасни диваналда абуна жинда ГIабдулхIалимов тIоцеве вихьулев вугин ва гьес бицарабщинаб жо гьересияб бугин.

29 апрелалда диваналъул данделъиялда цIех-рехалда хъинтIарал документазул хал гьабулеб букIана. Амировасул кабинеталда чIухьбаялъул протоколал, «Стрела-2» блиндажалдаса нахъе босулеб мехалда бахъараб видео, мэрасул хъвай-хъвагIаял ругел тетрадал – гь.ц. документал рихьизаруна диваналда.

Колхозникасул баянал ургъараллъун рикIкIунел ругин жинцаилан абуна «Эркенлъиялъе» радиоялъе Амировасул адвокат Владимир Постанюкица.

Владимир Постанюк: «Къануназулгун ихтияразул рахъалъан ГIабдулхIалимовасул баяназе къимат кьезе цIакъ захIмат буго. Гьес бицунеб гIемерисеб жо дандекколеб гьечIо хIужжабигун. Гьесда кIвечIо суалазе чIванкъотIарал жавабал кьезе.

ТIадежоялъе, гьес бицунебги, гьесул шоферас бицунебги дандеккечIо. Хадуб гьес бицана жиндие кьолел рукIарал гIакъубабазул хIакъалъулъ. Гьересияб рагъулаб билет гьабурав чиясе токалъ чанги моцIалъ гIакъубабийищ кьолел? Гьесул чанги хIакимгун гьоркьолъабиги рукIун руго, гIарацги букIун буго. ГIабдулхIалимовасул баянал гьединго дандекколел гьечIо цIех-рехалда гьес кьурал баяналгунги. Гьелъ бихьизабулеб буго гьел баянал ургъарал рукIин».

Ахиралда тIаде жубала, гьал къоязда Сагид МуртазагIалиевас диваналда жинца кьурал баяназда тIаса лъазаби гьабуна. Гьес абуна жив хIинкъулев чи гурин ва жинда гурони лъаларин кин Амировасул чагIаз хIаракат бахъулеб букIарабали жинца диваналда баянал кьунгутIиялъеилан.

Иргадулаб данделъи тIобитIизе буго 13 маялда.
XS
SM
MD
LG