МагъчIваялъе рес

Иоан XXIII ва Иоанн Павел II Рималъул папаца лъазаруна мунагьал гьечIеллъун


Рималъул папа Францискица Ватиканалда тIобитIараб хасаб церемониялда мунагьал гьечIеллъун лъазаруна гьесда цере гьеб хъулухъалда рукIарал Иоан XXIII ва Иоанн Павел II.

Францискида цадахъго церемония бачана ХIурматияв рималъул папа Бенедикт XVI-лес. Церемониялда гIахьаллъана 150 кардинал ва азаргогIанав епископ.

Церемониялда хадуб хал ккун букIана Ватиканалъул майданалде вачIарав аза-азар чияс.
XS
SM
MD
LG