МагъчIваялъе рес

Москваялде данде тIадеги санкцияби гьаризе ракIалда буго Магърибалда


Нагагьлъун Москваялъ Украиналъул кризис рагIалде бахъинабиялда хурхарал Женеваялъул къотIи-къаял тIуразариялъе мухIканал галаби гьаричIони, «КIудияб анкьилабалъул» пачалихъазул лидеразда ракIалда буго Россиялде данде тIадеги санкцияби гьаризе.

Шамат къоялда бахъараб «КIудияб анкьилабалъул» лъазабиялда абулеб буго, Украиналда президентасул рищиял тIоритIизе шартIал чIезариялъул мурадалда, группаялъул киналго улкаби гьединаб галиялде ине хIадурал ругин нахъ тIамичIогойин.

Украиналъул кризисалда хурхун бугел россиялъул гражданазде данде ва гьединго Кремлалде гIагаралъи бугел гIадамаздеги компанияздеги данде санкцияби байбихьизе ракIалда буго Цолъарал Штатазда ва Евроцолъиялда.

Гьелъул хIакъалъулъ лъазабулеб буго америкаялъул информалатаз.
XS
SM
MD
LG