МагъчIваялъе рес

Мисралда чIван вуго полициялъул кIудиял хъулухъазул офицерал


Каиралда аскIобехун гьабураб кьвагьиялъул хIасилалда хун вуго полициялъул генерал АхIмад Заки.

Бомба лъун букIун буго гьесул автомобилалда гъоркь.

Александрия шагьаралдаги яргъид гIуцIарал рахчараб бакIалда рейд тIобитIулеб мехалда чIван вуго кIудияб хъулухъалъул полициялъул лейтенант АхIмад СагIад.

Араб соналъул июлалда президентасул хъулухъалдаса исламист МохIамад Мурси махIрум гьавун хадуб, улкаялда бихьулеб къагIидаялда цIикIкун руго хIинкъигьечIолъиялъул идарабазул хIалтIухъабазде тIадекIанцIиял.

Маялъул ахиралда Мисралда тIоритIизе руго президекнтасул рищиял. ГIемерисел прогнозаз бихьизабулеб буго гьел рищиязда улка цIуниялъул министр ГIабдель ФаттахI Ас-Сисиил бергьиналъул шансал цIикIкIарал рукIин.
XS
SM
MD
LG