МагъчIваялъе рес

Культураялъул соналдаса культурияб жамгIияталде


Культураялъул соналдаса культурияб жамгIияталде
please wait

No media source currently available

0:00 0:03:09 0:00

22 апрелалда МахIачхъалаялда байбихьана культуриябгун инвестициялъулаб форум. ТIаде рачIарал гьалбал гьенире рачиналде, цин миллияб ретIелги ретIун гьезда церерахъана Дагъистаналъул халкъазул вакилзаби. Гьез ахIана кучIдул, бихьизабуна цIулада тIад гIарац-меседалъул устарзабаз ишан кин кьабулебали. Бихьизабуна тIансаби рессизе, угьаризе бугеб махщелги. Гьелдаса хадуб рагьана цIи гьабун къачIараб «Дагъистан» абураб этнобутик. Гьенир ричулел ругоан умумузул къагIидаялда гьабураб къайи-цIа, Дагъистаналъул халкъазул миллияб ретIа-къай бихьизабулел ясикIаби, халичаби. Гьеб тукада хьолбохъ лъун рукIана дагъистанияз квераца рахъарал сураталги.

XS
SM
MD
LG