МагъчIваялъе рес

Джо Байден: "США хIадураб буго Украиналъе кумек гьабизе."


«Улка бикьизабизе хIаракат бахъулел гIадамал рукIаниги, Украина хутIизе ккола цолъараб улкалъун» - ян лъазабуна журналистазда Киевалда Цолъарал Штатазул вице-президент Джо Байденица.

Визит тIобитIулеб мехалда иргадулаб нухалда Байденица абуна, Цолъарал Штатал хIадурал ругин, гьес абухъего, «унго-унгояб букIинеселъухъ кьеркьолеб» Украиналъейин кумек гьабизейин. «Нух захIматаб буго, амма украиналъулал жалго жидедего руссун хутIизе гьечIо» - ян жубана вице-президентас Украиналъул премьер-министр Арсений Яценюкилгун букIараб гара-чIвариялда хадуб.

Яценюкил рагIабазда, ракIалда ругел президентасул рищиял, щиб кканиги, тIоритIизе ккола маялда.

Гьес абуна, Украиналъул машрикъалъул рахъалда загьирлъулеб кколин, гьел рищиял тIоритIунгутIиялъе Россиялъ бахъулеб хIаракаталъул гIаламатгийин. Аммаян, жубана гьес, Украиналъе гьанже цIакъ къваригIун вугин легитимияб къагIидаялда вищарав президентин.

Америкаялъул вице-президент кIигокъоялъулаб визитгун Киевалде щвана итни къоялда. Гьев дандчIвана Украиналъул президентасул ишал тIуразарулев Александр Турчиновгун ва ТIадегIанаб Радаялъул депутаталгун.
XS
SM
MD
LG