МагъчIваялъе рес

Крымалъул татараз гьабизе буго жидерго миллияб референдум


Крымалъул татараз гьабизе буго Крымалъул статусалъул суал гьоркьоб лъураб жидерго миллияб референдум, квал-квалал гьечIого гьеб тIобитIизе гарантия щварабго. Гьедин лъазабуна крымалъул татаразул лидеразул цояв МустIапа Джемилевас. Гьедин лъазабулеб буго «Украинская правдаялъ».
Гьесул рагIабазда рекъон, 29 марталда тIобитIараб крымалъул татаразул съездалда бажаричIо гьеб суалалъе мухIканаб жаваб кьезе. Джамилевасул пикруялда гьеб референдум тIобитIизе ккола халкъаздагьоркьосел тохалчагIиги ахIун киназего рагьараб къагIидаялда.
Гьесго лъазабуна 16 марталда Крымалъул статусалда сверун тIобитIараб референдумалда крымалъул татарал гIахьаллъун рукIинчIин ва гьеб референдум къанунияблъун рикIкIине бегьуларин.
XS
SM
MD
LG