МагъчIваялъе рес

Прага: динияб байрамалда цебе


Прага: динияб байрамалда цебе
please wait

No media source currently available

0:00 0:03:14 0:00

ГьатIан къоялда христианазул дунялалъ кIодо гьабулеб буго Пасха абураб динияб байрам. Гьеб ккола, гьеб диналъул гIадамаз рикIкIунхъе, хъанчIалда тIад чIварав Йисус Христосие (ГIиса-аварагасе) ТIадегIанас цIидаса рухI кьеялда хурхун роххиялъул байрам. Гьелъул аслияб атрибут ккола расарал ханаби ва гIанкI. Байрамалда цебе Прагаялда ва Европаялъул цогидал шагьаразда гьатIаназда ва гIадамал гIемер рукIунел цогидал бакIазда аскIор тIоритIула ярмаркаби. Гьенире хьвадула гьава-бакъалде балагьичIого. Гьаб видео бахъараб къоязда Чехиялъул тахшагьаралда балеб букIана гIуралъ къуватаб цIад ва букIана квачараб къо.

XS
SM
MD
LG