МагъчIваялъе рес

Депутат чIваялъе аслиял гIиллабазул цояб-гьесул хIалтIи


Депутат Иславов Муса чIван вуго хамиз къоялъул радал сагIат микьго тIубараб гIужалъ. Лъугьа-бахъин ккун буго Хасавюрталъул Батаюртовское абураб шагьранухда.

Щалали лъазе кIвечIел чагIи «Лада Приора» автомобилалъулсан кьвагьдон руго депутат рекIараб «Лексус-470» автомобилалде. Щварал ругъназул хIасилалда Иславов Муса гьеб бакIалдаго хун вуго, гьесул автомобиль бачунев захIматаб хIалалда азарханаялде хъамун вуго.

Гьесул хIакъалъулъ батIи-батIиял баянал кьуна радалго, цояз абуна гьев азарханаялде вачун гIемер мех балелдего хванилан, хадуб лъана гьев жеги чIаго вугилан.

ЦIех-рехалъул комитеталъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулев Темирбеков Расулицаги тасдикъ гьабуна гьеб баян.

Темирбеков Расул: «Автомобиль бачунев вукIарав чIаго вуго, гьев захIматаб хIалалда вугин абулеб буго тохтурзабаз гьесул гIумру хвасар гьабиялъе къеркьолел руго гьел. Депутатасде кьвагьдарал чагIи щалали лъазе хIалтIулел руго ниж. Нижехъе щварал баяназда рекъон Ислалов Муса чIвазе къасд араб соналъул апрелалдаги гьабун букIун буго. Гьев чIваялъе рукIарал гIиллабазда гьоркьоб аслияблъун рехсолеб буго гьесул хъулухъалъулаб хIаракатчилъи»

Депутат чIваялда хурхун рагьун буго ункъо статьялда рекъон такъсир гьабиялъул иш. Гьезда гьоркьор руго «чанго чи рекъон чиясул гIумруялде квер борхи», «къануналда рекъечIого ярагъ хIалтIизаби» ва «чиясул буголъиялъе зарал гьаби».

Халкъияб Мажлисалъул депутаталги киналго ун ругин Ислаловасул зигараялъилан абулеб буго. Г1емерисез к1вар буссинабулеб пикру буго щиб сабаблъун депутатасул г1умруялде квер борхарабилан. Гьев вук1анин абизе бегьула пррессаялъе

Иславов Муса х1алт1улев вук1ана Дагъистаналъул Халкъияб Мажлисалда бюджеталъул ва финансазул рахъалъ комитеталъул нухмалъулев хисулевлъун. Парламенталда гьев вукIана «Цогояб Россия» партиялъул вакилги. Ислалов кколаан чачан миллаталъул чи, гьесул букIана 52 сон
XS
SM
MD
LG