МагъчIваялъе рес

Шайих Къарадагъил декларациялда тIасан пикраби


Шайих Къарадагъи, Дагъистаналда 16Сен2012
Шайих Къарадагъи, Дагъистаналда 16Сен2012

Дагьалъ цебе Дагъистаналда тIобитIараб исламияб конференциялда хурхун шайих МухIидин Аль-Къарадагъица гьабураб хIасил гIарабалдаса гIурусалде буссинабун буго Дагъистаналъул бусурбабазул идараялъ. Масала, гьениб Къарадагъица баян кьолеб буго гIадамал жалго жидецаго кьвагьиялъе, бечедал гIадамазухъа гIарац бахъиялъе ва Дагъистаналда гIемер кколел хIужабазе.

Динияб гуреб къагIидаялда гIумру гьабулеб пачалихъалда шайих МухIидин Аль-Къарадагъица хIадурараб декларациячара гьечIого хIисабалде босун жо кколарин абурал пикраби раккана интернеталда.

Россиялъул Исламияб Комитеталъул нухмалъулев ХIайдар Жамалица рикIкIунеб буго Аль-Къарадагъица хIасил гьабун лъугьараб декларация хIисабалде боси тIадаб жо кколарилан. Бокьани гурони хIисабалде босуларила гьеб гIадамаз. Щайин абуни лъида хадур рилълъинелали щивас хIукму жиде-жидеца гьабулила. Исламалда гьединал жал рукIунарила. ГIицIго шигIиязул бугила рухIияв цевехъанасда хадур унеб гIадат. Амма гьезулгицин дандеккунгутIаби рукIунила гьеб суалалъулъ.

Дунялалъулго исламиял гIалимзабазул щураялъул генералияв нухмалъулев, шайих МухIидин Аль-Къарадагъица Дагъистаналде сапар гьабун букIана исана марталъул ахиралда. Гьев гIахьаллъана МахIачхъалаялда тIобитIараб «Россиялъул бусурбаби: ихтиярал ва тIалабал» абураб исламияб конференциялда.

Гьелдаса хадуб Къарадагъица хIадурараб декларация гIарабалдаса гIурусалде буссинабун буго Дагъистаналъул бусурбабазул идараялъ моцIидаса цIикIкIараб заманаялъ. Гьенир жавабал кьун руго Дагъистаналда гIемер данчIвалел суалазе. Масала, диналъул багьанаги батун жалго жидецаго кьвагьизарулел гIадамазда хурхун шайихас хъвалеб рагIула ракълилал гIадамал хIинкъизари, гьел тIагIинари, диван гьечIого гьарулел чIвай-хъвеял, жамгIиял минаби кьвагьизари – гьеб рикIкIунин такъсирлъун, Аллагьас гьелъухъ кIудияб тамихIги гьабулин.
ЭР-гун букIараб ракI рагьараб гара-чIвариялда жиндирго цIар бицине разилъичIев гIолилас абуна Аль-Къарадагъица хъвараб декларациялда хадур рилълъинин кколарин жинда гIадамал.

ГIолилав: «Къарадагъица декларациялда щибин хъваниги, дида ккола жалго жидеца кьвагьизарулел яги бечедал чагIазда тIад магъалаби лъолел гIадамазул цо-цояз гьеб пиша тей щакаб бугин. Щайин абуни гьез гьеб рикIкIуна исламалъе гIоло гьабулеб къеркьейлъун, идеологиялъун».

Дагъистаналда гIадатлъун лъугьун буго рохьилал абулел чагIаз бечедазда тIад магъало лъун, гьезухъе флешкаби ритIи. Зама-заманалдасан интернеталде рехулел видеохитIабаздасан рохьилаз баян гьабула жидеца гьеб гIарац дин тIибитIизабиялъе харж гьабулилан.

Къарадагъил декларациялда хъвалеб буго шаригIаталъ гьукъулин гIадамазул мал-мулкалда тIад кверщел гьабизе.
Исламиял гурел байрамазда хурхараб дагIба-къецги камуларо Дагъистаналда. Масала, ЦIияб сон кIодо гьабизе кколищ-кколарищ абураб дагIба. Къарадагъица абулеб буго щибаб диналъул ругин жиде-жидер байрамал. Пуланаб байрам кIодо гьабизе бегьулин динияб куцалда гьеб кIодо гьабиялъулъ гIахьаллъичIониян. Гьединго батIияб диналъул чагIазда цадахъ гьезул роххел гIахьал гьабизеги бегьулин.

Дагъистаналдаса гIалимчи Шагьрурамазан ГъазимухIамадовас рикIкIунеб буго МухIидин Аль-Къарадагъи кколин дунялалда машгьурав гIалимчи. Гьес абураб рагIулги кIудияб къуват бугилан. МахIачхъалаялда исламияб конференциялдаса хадуб Къарадагъица тIобитIараб хасаб данделъиялдаги гIахьаллъун вуго Шагьрурамазан.

Шагьрурамазан ГъазимухIамадов: «Дов чи (МухIидин Аль-Къарадагъи) кIудияб хъулухъалда вугев чи ккола. Дунялалъулго гIалимазул щураялъул генералияв секретарь ккола гьев. 50-70 азарго гIалимчи вуго гьезул гьенив. Гьас гьадин абуна, дос додин абунаян бицаралда дандеккун, Аль-Къарадагъи гIадав чияс абуралда божизе бачIинарищха гIадамазе. Амма нусго процент тIубараб жо букIунарелъул умматалъул, гьединго гьесда тIадрекъоларелги камилищха. Кин букIаниги, гIелму лъалев чи вугелъул гьев, гьес абуралъ асар гьабичIого букIунаро халкъалъе. Досул доба бугеб цохIо гIунгутIи ккола суалалги жавабалги цIакъго къокъго кьун рукIин. Щибалъе хIужа бачун букIарабани гьес гьадин бугин Къуръаналда, гьадин бугин хIадисалда, гьадинан абулеб бугин имамзабазилан. Къокъго бицун буго, къокъго».

Шайих Къарадагъил декларациялъ Россиялъул бусурбабазе асар гьабизе гьечIилан интернеталда раккарал пикрабазул бицунаго мисалалъе бачине бегьула Ирина Бабич абурай гIаданалъул пикруги. Гьей ккола Россиялъул ГIелмабазул Академиялъул этнологиялъулгун антропологиялъул институталъул хIалтIухъан. Гьелъ абулеб буго Къарадагъи Дагъистаналдеги вачIун, конференция гьабиялъулъ бихьулеб бугин республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповасул хIаракатги. Амма Россиялъул киналго субъектаздаса бусурбаби гурин МахIачхъалаялде гьеб конференциялде арал. Гьединлъидал суал бачIунеб бугила – гьел гьенире ахIизейищ ахIичIел, ялъуни гьез гьелъул рахъищ кквечIебин абураб.
XS
SM
MD
LG