МагъчIваялъе рес

Жанубияб Кореялда вилун вуго 300 чи


Жанубияб Кореялъул рагIаллъабазда гъанкъараб бурумалда тIад вукIарав 300 чи рикIкIунев вуго араб бакI лъачIого виларавлъун. Улкаялъул нухмалъиялъ уяблъун гьабуна гьелда тIад вукIарав кIиго чи хун вукIин. Хвасар гьавун вуго 164 чи. Цебе лъазабулеб букIана 180 чи хвасар гьавун вугин.
477 чи тIад вукIараб бурум гъанкъун буго арбагI къоялъул радал. Гьелда тIад рукIаразул цIикIкIунисел руго Чеджу абулеб чIинкIиллъи бихьизе унел рукIарал цо мактабалъул цIалдохъаби.
Бурум гъанкъараб бакIалда хвасарлъиялъул хIалтIаби гьарулел руго 18 тирело ва 34 гама гIахьаллъун. Щай гьеб гъанкъарабали лъалеб гьечIо. Цо-цо баяназда рекъон, гьеб цин ракьда кIусун буго.
XS
SM
MD
LG