МагъчIваялъе рес

Амировасул рахъккуразул пресс-конференция


Амировасул рахъккун 12 апрелалда митинг тIобитIизе къасд гьабуразул пресс-конференция, Махlачхъала, 16Aпр2014
Амировасул рахъккун 12 апрелалда митинг тIобитIизе къасд гьабуразул пресс-конференция, Махlачхъала, 16Aпр2014

Жидее бокьун букIанин СагIид Амиров вугеб захIматаб хIалалде кIвар буссинабизе ва гъал-магъиралгун ахIвал-хIал хIалуцинаби жидер мурад букIинчIин бицун буго Амировасул рахъккун 12 апрелалда митинг тIобитIизе къасд гьабураз арбагI къоялда Махlачхъалаялда кьураб пресс-конференциялда.

Пресс-конференция тIобитIараз бицана жидее СагIид Амировасул рахъкквей гуреб, лъилнигун гъалмагъир ва рагъ-кьал гьабизе къваригIун букIинчIилан, Дагъистаналъул тIалъиялъ ва жанисел ишазул бетIерлъиялъ жалги къуваталъул идарабазул вакилзабиги ургъунго цоцаде тIамунилан.
Пресс-конференция бачунев Дагъистаналъул Халкъияб Мажлисалъул депутат ХIасанов МухIамадица бицана, жив депутат вугин ва жинда квер хъвазе бегьуларин абуниги, полициялъ ккурал митингалъул гIахьалчагIазда гьоркьове кканила живгийилан. Митинг тIобитIулеб къоялъ полициялъулазул щияб гали къанун хвезабилъун букIанин рикIкIунеб буго гьес. Гьединго депутатас бицана щибниги гIайиб гьечIел митингалъул гIахьалчагIиги, гьадинго нухдасан тира-сверулел рукIарал гIадатиял гIадамалги ккунин полициялъ ва руханилан.

Гьеб дандеруссиналда гIахьаллъи гьабуна митингалъул заманалда жий юханин лъазабурай МахIачхъалаялдаса цIикIкIарай чIужу Байбалаева ГIайшатги. Гьелъ бицана жинда цере щибго гIайиб гьечIел гIолохъаби рухизе лъугьанила полициялъулал. Гьеб мехалда нужаца гьабулеб жо щибиланги ахIдон гьел васал жинца каранде къараб мехалда жиндаги щвезабунила цо чанго тIилилан. ГIайшатица жеги бицана жинда гIумруялда жаниб тIоцебе гьеб къоялъ полициялъулазухъ бихьанила электрошокер. Гьебги босун низамцIунулев жинде гьесулев мехалда дуе щибин къваригIун бугеб, дица щибго бегьулареб жо гьабулеб гьечIо гуриян абун хадуб, гьалъул бадиевеги валагьун кьурун вуссун ун вуго гьев чи. Жинда кьабизабичIониги, гьенисан ккун рачун унел гIолохъабазда, гьездаго цадахъ ккурал цIикIкIарал чагIазда гьеб кьабибазабулеб бихьанила жиндидайилан бицана гьей гIаданалъ.
Расулов Руслан
Расулов Руслан
Гьединго пресс-конференциялда гIахьаллъизе вачIун вукIана инсанасул ихтиярал цIунулев, жамагIатчи Расулов Русланги. Гьес бицана гьеб митингалде жив я Амировасул рахъккун яги Дагъистаналъул бетIер ГIабдулатIипов Рамазаниде дандечIун вачIун вукIинчIилан. Гьадинго жиндирго къваригIелалъ къватIиве вахъарав чиясда «Россия» кинотеатр полициялъулаз сверун ккун батун буго. Щиб кинилан цIехараб мехалда гьез абун буго жидеда щибго жо лъаларила, радалалдаса нахъе гьаб бакIалде гIадамал ракIаризе риччагейин абун буюрухъ кьун бугила жидее. Гьениб лъугьунеб-толеб цIехеза низамцIунулезул кIудиясде аскIове щун вуго Расулов, гьеб мехалда гьев полициялъул подполковникас жидеца гьабулеб –толеб дуда яги цониги батIияв чиясда бицине кколарилан абун хъачIго жавабги кьун, гьес тункун речIчIизавун вуго Расулов Руслан. Гьениса ккун вачун МахIачхъалаялъул Советский мухъалъул полициялъул бутIаялде вачун вуго гьев.

Гьениб 7 сагIатги бан гьебго мухъалъул диванханаяда гьесда тIад диванги гьабун, гъалмагъир гьабиялъухъ ва изнугьечIого тIобитIараб митингалъулъ гIахьаллъи гьабиялъухъ, 3 азарго гъурущ гIакIаги къотIун буго гьесда тIад. Жив гьеб хIукмуялда рази гьечIин, гьелда тIасан жиндица Дагъистаналъул прокуратураялде гIарзаги хъван бугин бицана Расуловас.

Пресс-конференция гIуцIараз бицана гьеб ахIиялъе гIиллалъун кканила прессаялда ва интернеталда митингалъул хIакъалъулъ мекъи-мекъи баянал кьун рукIин. Гьениб хъвалеб бугила жидеца гIарацги кьун данде гьарун рукIанила гьеб митингалде гIахьалчагIи ва гьелде тIадеги ургъунго республикаялда политикияб ахIвал-хIал хIалуциналъе тIобитIанила жидеца гьебилан. Лъиениги гIарацги кьун букIинчIила жидеца , гьелъулги цойгидал гьеб митингалда хурхун ругел суалазе жавабал кьезелъун тIобитIанила жидеца гьаб тадбиргийилан.

Хlасанов Мухlамад
Хlасанов Мухlамад
Журналистаз, нужеда лъаларищила такъсиргьабиялда щаклъи бугев чиясул рахъ ккун акциял тIоритIи къануналъ гьукъараб жо букIин ва гьеб цIех-рехалдегун диваналде тIадецуй гьаби кколеблъи бичIчIулеб букIинчIищилан цIехараб мехалда, ХIасанов МухIамадица лъазабуна жидеца лъидениги тIадецуй гьабулеб букIинчIила, жидее цохIо Россиялъул президент Владимир Путинида гьаризе бокьун букIанила гьев сакъатав, унтарав чиги вугелъул, гьесда тIад гIайибги чIезабун гьечIелъул захIматал шартIазда течIого гьев санагIатаб бакIалде вачейин ва гьесул иш дурго контролалда гъоркье босейилан.
XS
SM
MD
LG