МагъчIваялъе рес

Радаялъ къабул гьабуна заманаялъ оккупация гьабурал территориязул хIакъалъулъ къанун


Украиналъул ТIадегIанаб Радаялъ талат къоялда къабул гьабуна заманаялъ оккупация гьабурал территориязул хIакъалъулъ къанун. Гьединаб территориялъул рикIкIунеб буго Крым. Гьеб къануналда рекъон, гьенире ине рачIиналъул низам чIезабулеб буго министразул кабинеталъ. Гьенир ругел Украиналъул гражданазул мал-мулкалъе гьабураб заралалъул жавабчилъи лъолеб буго Россиялда тIад. Гьедин лъазабулеб буго Украиналъул УНН агентлъиялъ.

Америкаялъул президент Барак Обамаца кIудияб гIагали загьир гьабулеб буго Россиялъ Украиналъул сепаратистазул рахъ кколеб букIиналда бан. Гьедин абун буго Обамаца итни къоялъул къаси Россиялъул президент Владимир Путинилгун телефоналдасан букIараб кIалъаялда. ХъахIаб Рукъалъ лъазабулеб буго Обамаца абунин Москваялъ Украиналда сверун гьединабго политика хадубги билъанхъизабуни, гьеб гьелъие чIобого хутIизе гьечIин.
Гьелдасаги цебе Россиялъул рахъалъ лъазабун букIана телефоналдасан Обамалгун букIараб кIалъаялда Путиница абунин Украиналда кколеб бугелдехун Москваялъул гIахьаллъи гьечIин.
XS
SM
MD
LG