МагъчIваялъе рес

МахIачхъалаялда аскIоб хасаб операция


Талат къоялъул къалъуда МахIачхъалаялда гъоркьехун ахихъабазул «Пальмира» абулеб мухъалда тероризмалде дандечIараб низамги лъазабун, байбихьана хасаб операциялъул аслияб хIалтIи.

Гьеб къоялъул къалъудаялде гьениб сверун ккун букIана кIиго мина. Гьедин лъазабулеб буго Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялдаса чагIаз. Гьебго министерлъиялъул цоги цIар рехсечIев хIалтIухъанасул баяназда рекъон, сверун ккураб рукъалда жаниб цояв живго жинцаго чIван вуго. Гьев изнугьечIого яргъидгIуцIаразе кумек гьабулев вукIарав чи ватизеги бегьулин абураб щаклъи буго низамцIунулезул.

Талат къоялъул радал гьеб мухъалда рукъ-рукъккун хал гьабулеб букIун буго низам цIунулез ва гьеб хIалтIул хIасилалда цо рукъ сверун ккун буго. Низам цIунулез лъазабулеб букIана гьеб рокъор жанир изну гьечIого яргъидгIуцIарал ругин ва кверде рачIаян гьелгун кIалъа-ралъаял гьарулел ругин.

«Трисанчинская абулеб къотIноб къалъилалде кIиго рукъ сверун ккун букIана. Щаклъи буго гьенир яргъидгIуцIарал рахчун ратиялда. РакIалде кколеб буго цо рокъов гьезул кумекчи вугин»,- гьедин бицун буго Эркенлъи Радиоялъул мухбиралъе республикаялъул жанисел ишазул министерлъиялда.

Амма гьел хасал тадбирал гьарулел бакIалде аскIоре къазецин риччалел рукIинчIо къуваталъул идарабазул вакилзабаз. Гьеб бакIалдаса километралъ гIан рикIкIад сверухъ киса-кирего аскариялги, къуваталъул идарабазул хIалтIухъабиги, хасаб рагъулаб техникаги букIана. Гьеб сверун ккураб бакIалда аскIосан унаго «Эркенлъи» радиоялъул мухбир рекIараб автомобильги чIезабун гьел чагIаз лъазабуна гьаниб хасаб операция тIобитIулеб бугила, гьединлъидал гьаниве щивниги виччалев гьечIилан. Ниж гьанире гIагарал чагIазул бакIалде ине ругин, чара гьечIого щвезе кколин гьенирейилан абуниги, нуж гьаб бакIалда гIумру гьабун рукIанигицин риччазе бегьуларила жидецайилан лъазабуна гьез. Гьенир сверухъ ругел минабахъа гIадамалги нахъе рахъинарун ругин абуна гьез, амма гьезул цониги чи ватичIо къотIнов.

Гьеб бакIалдаса рикIкIад гьечIеб тукаде жаниеги лъугьун гьел сверун ккурал рукъзабазул бетIергьаби щалин, гьенир гIумру гьабун рукIарал чагIи лъалищилан цIехедал, тукада хIалтIулей ясалъ бицана жинда гьел чагIи лъаларила. Цо-цо тукаде рачIун рихьулаанила, амма лъил щалали ва щиб гьабулел чагIийила лъаларила. Гьелъго бицана сверун ккураб цо минаялъуб гIумру гьабун ругезул гIисинал лъималги рукIанилан. Гьейго ясалъ бицухъе сверун ккурал минабазухъ рукIарал гIолохъаби тIаде ралагьун вагьабиял ругин абун бажарулеб хIал букIинчIилан. ГIадатияб ретIелги букIунаанила гьезда, вагьабиязе хасаллъун рикIкIунел я халатал мугжул яги мегежги тун кIкIварал михъалги жинда рихьичIила гьезул.

Гьел сверун ккурал минабахъ МахIачхъалаялъулилан абулеб изнугьечIого яргъидгIуцIаразул къокъоялда гъорлъ рукIиналда ва гьезие кумек гьабиялда щаклъи бугел чагIи руги аби гурони, гьезул хIакъалъулъ киналгIаги баянал къватIире кьолел гьечIо къуваталъул идарабаз.
Гьебго заманаялда МахIачхъалаялда гъоркьехун хасаб операция унеб букIиналъул лъазаби гьечIо Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул сайталда.
XS
SM
MD
LG