МагъчIваялъе рес

Нигериялда чlван вуго 71 чи, лъукъун вуго 124-яв


Нигериялъул тахшагьар Абуджаялда гъоркьехун итни къоялда гьабураб кьвагьиялъул хIасилалда хун вуго 70ялдаса цIикIкIун чи. Лъукъун вуго 124-яв.
«Би-би-сиялъ» нугIасда мугъчIвайги гьабулаго кьолел баяназда рекъон, кьвагьи ккараб бакIалдаса босун ун буго гьесда бихьулаго 40 жаназа. Кьвагьи гьабун буго автобусал чIолеб бакIалда гьенир гIадамал гIемераб гIужалда. Гьедин лъазабулеб буго «Ройтералъ».
Кьвагьиялъул гIилла жеги лъазабулеб гьечIо. Рес буго Нигериялъул централияб ва шималияб рахъазда бугеб «Боко ХIарам» абулеб исламистазул къукъаялъул иргадулаб гьужум гьеб букIинеги. 2009 соналдаса нахъе гьеб къукъаялъул яргъидгIуцIараз гьарурал гьужумазул къурбаналлъун ккун руго аза-азар чи.
XS
SM
MD
LG