МагъчIваялъе рес

Амировасул рахъккуразул митинг МахIачхъалаяда


Амировасул рахъккуразул митинг МахIачхъалаяда,12Aпр2014
Амировасул рахъккуразул митинг МахIачхъалаяда,12Aпр2014

12 апрелалда МахIачхъалаялда къасд гьабулеб букIана гьабсагIаталда туснахъалда вугев шагьаралъул экс-мэр СагIид Амировасул рахъккураб митинг тlобитlизе. Гьенив вукIана гIага-шагарго азариде гIагарарав чи. Цебесеб къо 11 апрелалда МахIачхъалаялъул администрациялъ официалияб куцалда лъазабун букIана гьеб митинг гьабизе гьукъун бугилан. Амма митинг гьабулеб бакIги хисун, гьеб гьукъа-къаялъухъ гIенеккичIо рукlине къасд гьабулеб букlана Амировасул рахъккураз. Гьез тlалаб гьабулеб букlана Амиров туснахъалъув кквечlого рокъосел шартlазда жанив кквейин ва цогидаб.

МахIачхъалаялъул цеве вукIарав мэр Амировасул рахъккураб митинг тIобитIана МахIачхъала бакьулъ бугеб «Россия» кинотеатралда цебе. СагIаталдасаги цIикIкIун мехалъ къан букIана имам Шамилил цIаралда бугеб шагьранух. ГIадамал нахъе гъезе гьенире рачIун рукIана маскабаз гьурмалги рахчарал низам цIунулел. ЧитIир гьабун чIезарун рукIана рагъулал автомобилалги. Амма гIадамал нахъе унел рукIинчIо. Инаризе гьезги кIудияб хIаракат бахъулеб букIинчIо. ГIицIго абулеб букIана гIадамазда нахъе-нахъегIан къайилан.

Цо заманалда нахъегIанги къан, гIадамал цIидасан нух бакьулъе ракIарулел рукIана. Цинги гьез зама-заманалдасан ахIулаан СагIид Амировасе эркенлъи кьейилан, цинги ракIалде щолаан Россиялъул президент Владимир Путинги. Жал Путинил курсалъул чагIи ругилан ахIулаан гьез, хадубго тIаде жубалаан «Аллагьу Акбар» абунги. ГIадамазухъ кодор ккун рукIана лъикIаб куцалда рахъарал Амировасул суратал, гьел суратал рахъун рукIана гIолилаз тIад ретIарал футболкабаздаги. ГIезегIан хъвай-хъвагIаял гьарурал игIланалги ругоан гьезухъ. Масала, гьадин хъван букIана гьениб: «СагIид Амиров вуго хъачагъазда цеве вуцIцIухIун чIечIого, гьезда данде къеркьей гьабулев политик», «Владимир Владимирович, СагIид Амиров ккола Дагъистаналдагун Россиялда парахалъи букIиналъе гарантия кьолев чи».

Митингалда цIикIкIанисел гIадамал жидедаго гьоркьор дарги мацIалда кIалъалел рукIана (абулеб букIана гьел ругин Амировасул росулъа чагIи). Гьел рукIана батIи-батIияб ригьалъул чагIи. Херал руччабигицин рукIана. ГIолохъанал даргияз гIурус мацIалда цоцада абулеб бугоан некIого, Амиров туснахъ гьавун байбихьудасанго гьабизе кколаанин нилъеца гьадинаб митинг, щибин лъалеб, цевего эркен гьавизеги бегьулаанин гьев.

ПатIимат ХIайбулаева: «Дун щай гьаний йигеян гьикъани, дица абилаан гьев Амиров кутакалда къвакIарав, ритIухъав чи вугилан абизе яхъун йигин дун гьанийилан. Къуватал чIезарула гьес, загIипал цIунула. Дида чанги пенсионерал лъала гьесие Аллагьас жеги гIумру кьейгин гьарулел. Хъулухъаздаги гьес гIадамал миллаталъухъ балагьун гуро толел рукIарал. МагIарулал, даргиял, лъарагIал абун толароан, гьезул лъаялъухъги бажариялъухъги балагьун толаан. КIиабилев гьединав чи гьечIилан абизе кIола дида рекIеда тIад кверги лъун.

СагIатгIан мехалдасан низам цIунулезда кIвана «Россия» кинотеатралда цебе бугеб шагьраялдаса гIадамал нахъе цузе. Цинги гьез цоцада абулеб бугоан аслияб майданалде, хIукуматалъул минаялде цере рилълъине ругилан. Гьедин гьел Ярагъиясул къотIнорехун къокъана. Цинги цо заманалдасан гьезие нухги ккун чIана гъораса тIаде лъелго, къокъаги гьабун рачIунел, омоналъулал. Гьедин гIадамазул руккел, щиб гьабилебали лъаларого, чIун хутIана. Хадуб цояс мегафоналдасан ахIана гьениб гIагарда бугеб ахикье ракIаризе ругилан. Гьел ана ахикьехун, гьездаго хадур ана омоналъулазул тIелги. Гьенир дагьалъ мехалъ руккелги гьабун, гIадамал рикьа-риххана. Хасго гIисинал гIолилаз байбихьана гьениса тIуризе. Гьеб мехалда ахикь кьвагьи бахъан. Омоналъулаз гьаваялде кьвагьизе байбихьана, гIадамал нахъе тIуризелъун. Цо-цоязда гьез тIилалги кьабана.
Шагьаралда бицунеб буго гьеб митингалде гIадамал гIарац кьунги рачIинарулел рукIанилан.

Абула митинг гьабураб бакIалда аскIоб бугеб кинотеатрги Амировасул вас бетIергьанаб бакI бугилан. Амма гьел ралъдал рагIалда, Родопалъул къотIнор ракIаризе кколаан. Гьедин лъазабун букIана кIиго анкьалъ цебе тахшагьаралъул мэриялде гьез кьураб гIарзаялда. Амма гьеб кIиго анкьалда жанив МахIачхъалаялъул нухмалъулевги хисана, гьедин11 апрелалда тахшагьаралъул администрациялъ официалияб куцалда лъазабуна митинг тIобитIугеян. Гьеб бугин къанун хвезаби. Щайин абуни пуланаб гIайибги гIунтIизабун туснахъалъув вугев чиясул рахъккун митингал, яги цогидал акциял тIоритIулел ругони, диванчагIазде гьабулеб тIадецуйлъун, асарлъун рикIкIунеб буго гьеб къануналъ.
XS
SM
MD
LG