МагъчIваялъе рес

Шималияб Гьиристаналда протест


Шималияб Гьиристаналъул Пригородний абулеб мухъалдахамиз къоялъул сардилъ анцI-анцI чияс «Кавказ» абулеб фыедералияб шагьранух къана.

Гьел гIадамаз тIалаб гьабулеб букIана хъачагълъиялде щаклъи бугев кIиго бакIалъулав чи хвасар гьави.

Гьев кIигояв ккун вугоан арбагI къоялъ.

Полициялъул баяналда рекъон гьеб протесталъул акциялда гIахьаллъи гьабуна 60-гIанасев чияс. Гьез нух рагьана Шималияб Гьиристаналъул жанисел ишазул министр Артур АхIмадхановасулгун рукIарал кIалъа-басаязда хадуб.
XS
SM
MD
LG