МагъчIваялъе рес

Грециялда кьвагьи


Грециялъукл тахшагьар Афинабазда хамиз къоялъул радал кьвагьи бахъана банкалда цебе. Къурбанал ккечIо.

Кьвагьи бахъизегIан цо газетаялъул редакциялде щивали лъаларез телефоналъ ахIун цебеккунго лъазабуна банкалъул минаялда цебе бугеб автомобилалда бомба бахчун тун бугин.

Гьелъул гуч тротилалъул 75 килограммалде бахунеб бугин абун.

Гьеб теракталъул жавабчилъи тIад жеги лъицаниги босичIо.

Полициялъул щаклъи ккун буго бакIалъулаб кIвегIаб къукъаялде. Гьел разиял гьечIилан Грециялъул хIукуматалъул финансияб политикаялда.
XS
SM
MD
LG