МагъчIваялъе рес

Дагъистаналъул хIакимзабазде гьужумал цIикIкIкунел руго


7 апрелалъул сардилъ МахIачхъалаялда чIван вуго «Россельхозбанкалъул» бутIаялъул хIалтIухъан, Дагъистаналъул меллиорациялъул министрхисулесул рукъалъул нуцIида цебе граната кьвагьизабун буго гьебго сордоялъ республикаялъул коммунилиял хъулухъазул ва бакIал раялъул министерлъиялъул хIалтIухъанасул автомобильги бухIун буго.

Итни къоялъул сардилъ МахIачхъалаялъул Казбековасул къотIноб Тойота автомобилалъув чIван ватана Россельхозбанкалъул бутIаялъул нухмалъулев МуртазгIалиев МухIамаддибир.

ЧIварав гьесул кодоб лъун батун буго гранатаги. Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъ кьурал баяназда рекъон полициялъулал тIаде щвелалде хун ватун вуго гьев банкалъул хIалтIухъан, гьездаго цадахъ рачIарал сапераз, МуртазгIалиевасул кодоб лъураб гранатаги кьвагьизе течIого нахъе босун буго.

ЦIех-рехчагIаз кьурал баяназда рекъон МуртагIалиев автомобилалда жанивго чIван вуго, гьесул ботIролъги каранлъги лъабго гулла щвезабун буго. Гьесул кодоб граната ургъунго лъун букIун батизе бегьулин, гьеб кьвагьун хадуб такъсир гьабиялъул лъалкIал тIагIиналъейилан рикIкIунеб буго хасал идарабазул хIалтIухъабаз.

МухIамаддибир чIваялъе щиб гIиллайин букIарабилан абураб суалалъе жаваб балагьизе «Эркенлъи» радиоялъ Дагъистаналъул къуваталъул идарабазухъеги, гьесул лъалел – хъвалездеги, цадахъ хIалтIулездеги ахIана, амма цониги чияс дагьабниги рагIа-ракьанде щвараб, кинабгIаги мухIканлъи бугеб жаваб кьечIо.

Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялда абуна гьев чIваялъе батIи-батIиял гIиллаби ругилан, гьезул цояблъун рикIкIине бегьулила чIварасул хъулухъиланги, амма цIех-рех лъугIичIого мухIканлъи лъазабун бажаруларилан.

Гьев чIваялда щаклъи бугев чи ккун вугин, амма гьесул хIакъалъулъ киналгIаги баянал кьун бажаруларин жегийиланги лъазабуна цIех-рехчагIаз.

«Лайфньюс» сайталъ кьурала баяназда рекъон цеве чIварасда цадахъ хIалтIилев вукIарав 54 сон барав ГIисаев Ханпашаца чIван вуго гьев МуртазгIалиев МухIамад, амма Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъ гьел баянал я мекъи яги битIун ругин абичIо.

57 сон барав МуртазгIалиев МухIамаддибир кколаан ГIахьвахъ мухъалдаса, гIемерала саназ батIи-батIиял банказда хIалтIарав чи вукIун вуго гьев, амма цониги такъсириял ишазулъ яги гIарцул хIилла-рекIкIалда гъорлъ гIахьаллъи гьабулев гIадав чи вукIинчIин гьевилан, гьединлъида сундуе гIоло гьев чIваравали бичIчIулеб гьечIин жидедайилан бицунел руго Муртазалиев лъалез.

ЧIварасулгун дандеккунгутIаби рукIаралищин хIалтIуда лъилнигунилан яги гьев цевехун рехсарав ГIисай Хасаевасулгун щиб гьоркьоблъабийин рукIарал Муртазалиевасулилилан цIехедал «Россельхозбанкалъул» пресс-хъулухъалъул хIалтIухъан Кулиева Жамиляца лъазабуна жидеца киналгIаги баянал кьолел гьечIила гьеб лъугьа-бахъиналда тIасанилан, киналго суалал Москваялде банкалъул нухIмалъиялъухъе ритIейилан.

Итни къоялъул сордо Дагъистаналда хIакимзабазе балагьаблъун букIанин абизе бегьула, щай гурелъул гьебго сордоялъ Дагъистаналъул меллиорациялъул министрхисулев ГIалиев ГIабдулхIамидил рукъалъул нуцIида цебе рехун кьвагьун буго граната.

Гьелъул хIасилалда гордал-нуцIби гъури гуреб тIокIаб кинабниги зарал ккун гьечIо. Жанисел ишазул министерлъиялъул вакилзабаз гьеб лъугьа-бахъиналда хурхун киналгIаги баянал кьун бажаруларин лъазабулеб буго, гьев хIакимчи хIинкъизавизейищ яги гьев чIвазелъун гьабураб ишищ гьеб ва гьединго лъица гьеб гьабурабали чIезабун гьечIо.

Гьебго анкьабилеб апрелалъул сардилъ Каспийскалда Ленинил къотIноб Дагъистаналъул Коммуналиял хъулухъазул ва бакIал раялъул министерлъиялъул хIалтIухъанасул Тойота-Камри автомобилалалъул гордоги бекун жанибе рехун буго цIа рекIунеб лъамалиялъул цIураб шиша.

Гьеб киналъулго хIасилалда автомобилалъул цересел бакIал рухIун руго. Гьеб ишалда хурхун цIех-рех унеб буго.

Къуваталъул идарабаз гьеб лъабабго лъугьа-бахъиналъул цохIо сордоялъ лъугьин ругони тIокIаб щибниги гьоркьоблъи гьечIилан рикIкIунеб буго.
Гьединабго пикру буго журналист ва политолог Наталья Шкандыбалги.

Наталья Шкандыба: «Гьел киналго руго гIадатиял руго такъсирал, щибниги политикаялда ва тероризмалда хурхараб жо гьечIо гьезда гьоркьоб. Дир пикруялда рекъон гьениб аслияб къагIидаялъ гьел такъсирал гIарцуда ва хъулухъишалда хурхинарун ратилин ккола.

Гьединлъидал гьел республикаялда бугеб ахIвал-хIал квешаб рахъалда цIазелъун гьарурал ругин, яги цохIо гьел такъсираз гьеб ахIвал-хIал квешлъизабулин абизе бегьуларо. Гьел руго хIакимзабазде данде гьарурал гIадатиял такъсирал».

РакIалде щвезабилин Дагъистаналда «Россельзхозбанк» хIалтIизе лъугьун буго 7 соналъ цебе, гьеб заманалда жаниб банкалъул кIиго хIалтIухъан чIван вуго. Гьезул цояв ккола нолъ чIварав МуртазгIалиев, ва 20I3 соналъ Хайдахъ мухъалда бугеб банкалъул бутIаялъул нухмалъулевги живго жинцаго гIанкъун ватун вукIана.

Гьединго 2011 соналъ Буйнакскалда бугеб «Россельхозбанкалъул» бетIерасул автомобиль кьвагьизабуна, гьединго 20I0 соналда нухдасан унаго Россельхозбанкалъул» Дагъистаналда бугеб бутIаялъул бетIер ХIажимухIамадов ГьитIинмухIамадил автомобильги кьвагьизабун букIана ва гьеб кIиябго кьвагьиялъул хIасилалда лъиениги зарал ккечIо.
XS
SM
MD
LG