МагъчIваялъе рес

Бортниковас бицана Россиялда ккурал эмиссаразулги


Исана сон байбихьаралдаса гьанжелъагIан Шималияб Кавказалда чIван вуго изну гьечIого яргъид гIуцIаразул 65 чиги, 13 гьезул цевехъанги.

Гьединго чIвана «Имарат Кавказ» абулеб гIуцIиялъул нухмалъулев Доку ГIумаровги. ТIатинабуна Волгоградалдагун Пятигорскалда терактал лъица гьаруралалиги.

Гьедин лъазабуна 8 апрелалда Москваялда букIараб хасаб данделъиялда Александр Бортниковас. Гьев ккола Россиялъул Терроралда данде къеркьолеб миллияб комитеталъулги хIинкъи гьечIолъи чIезабулеб федералияб комитеталъулги нухмалъулев.

Доку ГIумаров чIванилан хасал хъулухъаз чанго нухалда лъазабуна. Гьев вукIана гIемерал соназ Россиялда ралагьулел гIадамазул цоявлъун. «Кавказалъул Имараталъул» нухмалъулесде щвезегIан нух ГIумаровас байбихьана Чачаналъ 1994 соналда байбихьараб рагъулъ гIахьаллъиялдалъун.

Гьес тIаде босана Россиялда гьарурал чанго батIиял терактазул жавабчилъиги.
Исана марталъул ахиралда интернеталда баккараб баяналда рекъон, Доку ГIумаровасул бакIалда «Кавказалъул Имараталъул» цевехъанлъун тIамун вуго Дагъистаналъул ТIелекь росулъа Кебеков ГIалиасхIаб (ГIали Абу-МухIаммад).

Амма гьанжелъагIан гьесул хIакъалъулъ лъалеб жо цIакъ дагьаб бугин абулеб буго батIи-батIиял экспертаз. Цо-цо баяназда рекъон, ахираб заманалда Кебеков гIумру гьабун Генув вукIун вуго, гьесул гIумрудул 45 сон буго.

Гьев вукIун вуго къадилъунги, шаригIаталъул диванчилъунги. Изну гьечIого яргъид гIуцIаразда гьоркьоб Шималияб Кавказалда хасаб бакI кколин Кебеков ГIалиасхIабицаян абураб пикруги буго.

Низам цIунулез гьесда хадуб чан гьабулелдаса гIезегIан сонал руго. Амма щибаб нухалда гьезул берда цевеса тIагIине бажарун буго Кебековасухъа.

8 апрелалда Москваялда букIараб хасаб данделъиялда Терроралда дандечIараб миллияб комитеталъул нухмалъулес абуна гъоркьисала декабралъул ахиралда Волгоградалдагун Пятигорскалда гьарурал терактазул цIех-рехалги рагIалде рахъанилан.

Гьел гьариялда щаклъи бугез баянал кьолел ругила низам цIунулезе. Амма Бортниковас рехсечIо гьезул цIарал.

Гьаниб ракIалде щвезабизе бегьула Волгоградалда троллейбус кьвагьизабиялъулъ Дагъистаналдаса Аскер Самедовасулгун МухIамад ГIисаевасул гIахьаллъи бугин абураб щаклъи букIана низам цIунулезул.

Гьел кIияго федералияб цIех-рехалдаги рукIун гьечIо. Амма рукIун руго изну гьечIого яргъид гIуцIаразе кумек гьабулел чагIазул сияхIалда.

Бортниковас бицана Россиялда ккурал халкъазда гьоркьосел эмиссаразулги. Гьел рагIула Россиялда гьукъарал «Исламская партия Туркестана» ва «ХIизбут-Тахрир Аль-Ислами» гIуцIиязул вакилзаби.

ХIизбут-тахрир Аль Исламия абураб гIуцIиялъул вакилзаби ккуна гъоркьисала МахIачхъалаялдагун Гъизляралдаги. Дагъистаналъул жанисел ишазул министр ГIабдурашид МухIамадовас дагьалъ цебе Халкъияб Мажлисалда кIалъалаго абуна Гъизляралдаса диваналъ хIукму къотIанин ХIизбут-тахриралъулазе.

ГIабдурашид МухIамадов: «Казаналдаго гIадин исламистазул марш тIобитIизе къваригIун букIана гьезие. Нижеца гьеб нахъчIвана. Гьедин диванчагIаз гьезул чангоясе къотIараб хIукмуги буго. Гъизляралдаго гIадин МахIачхъалаялдаги ккуна полициялъ ХIизбут-тахриралъулал.

Нижеца гьезухъа бахъана зулмуялдалъун пачалихъияб гIуцIи хисизабиялдеги, Россиялъул политикаялда дандечIеялдеги ахIулеб литератураги, ярагъги, гьукъарал цогидал жалги. Гьезда гьоркьов вукIана халкъазда гьоркьосев цо эмиссарги. Гьев ккола Гъиргъизиялъул гражданин».

Амма жалго гьеб партиялъул вакилзабаз абула жидеца щалниги экстремизмалдеги ахIуларин, доб Гъизляралда букIараб хIужаги исламистазул марш гурин, гьеб букIанин автомобилазда чIегIерал байрахъалги чIван исламияб къагIидаялда гьабулеб берталъе жал унел рукIараб мех.
XS
SM
MD
LG