МагъчIваялъе рес

Табасараналда терроризмалде данде чIараб низам лъазабун буго


Табасаран мухъ. 2014 соналъул март моцIалда коррупциялде данде гIуцIараб митинг.
Табасаран мухъ. 2014 соналъул март моцIалда коррупциялде данде гIуцIараб митинг.

Итни къоялъ Табасаран мухъалда лъазабун буго терроризмалде данде чIараб режим. Къуваталъул идарабазул баяналда рекъон гьениб рохьахъ изнугьечIого яргъидгIуцIараз чIей гьабураб бакI батун буго ва гьелдаса хадуб, хасал тадбирал тIоритIизе байбихьун буго гьениб.

Анкьабилеб апрелалъул радакь Табасаран мухъалда терроризмалде дандечIараб низам лъазабунин абурал баянал тIоритIизаруна Дагъистаналъул къуваталъул идарабаз.

Гьез кьурал баяназда рекъон Табасараналъул ва Дербент мухъалъул гIорхъода ругел рохьазухъ изнугьечIого яргъидгIуцIаразул къокъаялъ чIей гьабураб бакI батун буго. АнцIгоялдасаниги цIикIкIун чи вахчизе бегьулеб ва гьезие къваригIанщинаб квенги, дару-сабабги, ярагъги бахчараб бакI батун буго гьезда.

Жалго рохьилал ратун гьечIо гьенир. Гьел ралагьизе хасал тадбирал тIоритIулел ругин аби гурони, инти къоялъул къалъудаса хадубги тIокIал киналниги баянал кьечIо, «Эркенлъи» радиоялъе Дагъистаналъул къуваталъул идарабазул вакилзабаз.

Исана соналда жаниб 4 нухалъ лъазабулеб буго Табасараналда гьеб терроризмалде дандечIараб низам. Жанубияб Дагъистаналда бищун гIемери изнугьечIого яргъидгIуцIаразулгун тунка-гIуси кколеб мухъ буго Табасаран, кIиабилеб бакIалда буго МухIарамкент мухъ.

Дагъистаналда ругел изнугьечIого яргъидгIуцIаразул къокъабазда гьоркьоб бищун къуватаблъун рикIкIунеб жанунияб Дагъистаналъул изнугьечIого яргъидгIуцIразул къокъаялъул 36 чи чIван вуго 2013 соналда жаниб.

Гьезда гьоркьорги гIемерисел табасаранал рукIанин, гьеб рохьилазул кьерулъги цIикIкIунисеб бутIа гьелго табасараназул бугин бицана «Эркенлъи» радиоялъе Табасаран мухъалъул коррупциялде дандечIараб жамгIияб идараялъул бетIер хисулев Къурбанов Гъазиханица.

Къурбанов Гъазихан: «Дагъистаналда ругел изну гьечIого яргъидгIуцIаразул къокъабазда гьоркьоб бищунго кIудияб, къуватаб, къойидаса къойиде цIилъулеблъун буго Дагъистаналъул Жанубияб рахъалда бугеб рохьилазул къокъа.

Гьелда гъорлъги бищунго гIемер табасаранал руго, тIадеги гьезда гъорлъе унелги, чIвалел холелги нижерал руго. Къо бахъанагIан цIикIкIун гурони дагьлъизе ракIалдаго гьечIо гьел рохьилазда.

КигIан чIваниги, кигIан терроризмалде данде низам кьваризабуниги, хасал тадбирал тIоритIаниги щиб, цо чIварасул бакIалде гьенире кIиго цIияв унев вугелъул.

МугIалим хIисабалдаги гIадан хIисабалдаги битIахъе ракI унтун вуго дун нижер гIолохъабазда. ГIадада холел руго гьел. ГIемерисел гьел, кинабго системаялда ццин бахъиналъ кколел руго рохьилазде гъорлъе.

ТIалъиялда ругезу хIалихьалъиялде данде къеркьезе батIияб нух батичIого гьедин террористаллъун рахъунел руго гьел. Нижер мухъалъул тIалъиялъги, хас гьабун цеве вукIарав бетIер ШихмухIамадов НурмухIамадил къокъаялъ гьезие кумекцин гьабулеблъи лъала дида, гьелда хурхун гIарзалги хъван руго нижер гIуцIиялъ хасал идарабазде.

Дир пикруялда рекъон гьеб терроризм тIибитIиялъе бищун кIудияб гIилла буго хисулареб коррупция гъорлъ бессараб тIалъи. Гьеб хисиялдасан байбихьизе ккола гьелда данде къеркьей».

РакIалде щвезабилин дагьаб цебегIан Дагъистаналъул Халкъияб мажлисалъул данделъиялда республикаялъул жанисел ишазул министрас лъазабуна Табасаран мухъалъул вукIарав бетIер ШихмухIамадов НурмухIамадил вас Сандро изнугьечIого яргъидгIуцIаразе кумек гьабиялда щаклъи букIун туснахъ гьавун вугин ва гIагараб заманалда гьесие диван гьабизе кколилан.

Сандроца Жанубияб Дагъистаналъул изнугьечIого яргъидгIуцIаразул къокъа яргъидалъун ккезабулеб букIанин абурал баяналги тIиритIизарун рукIана хасал идарабаз.

Гьединго, бюджеталъул гIарац бикъияъул гIайибги гIунтIизабун тIад такъсиргьабиялъул ишги рагьун вугев, цебе Табасаран мухъалъул вукIарав бетIер ШихмухIамадов НурмухIамадицаги гьел изнугьечIого яргъидгIуцIаразе гIарац кьолеб букIанин, хIатта гьел жинцаго дандецин гьарунин абун хъвале б букIара Кавказпресс сайталъги.

ЦехI-рехчагIаз бицуне ШихмухIамадов НурмухIамадиде гьеб рохьилазулгун бухьен букIиналъул рахъалъ жеги гIайиб гIутIизабун гьечIо. НизамцIунулел хадур лъугьун гьадуб вахчарилев вукIарав гьев гъоркьисала июль моцIалда Дагъистаналъул ва Азербайджаналъул гIорхъода ккуна ва цIех-рех лъугIизегIан рокъов туснахъ гьавун вуго.

Кавказский Узел сайталъул баяназда рекъон гъоркьисала гьадинаб мехалде данде исана Дагъистаналда кьвагьа-гIанхъиялгун, тунка-гIусиял дагьлъун руго ва гьезул хIасилалда зарал ккаразул къадаргIи гIезегIан дагьлъун руго.

Гьезул хIасилалда гъоркь анкьида жаниб лъабго чи чIван вуго Дагъистаналда, цониги тIокIав цониги чиясе зарал ккун гьечIо.

ьев лъабавгоги чIван вуго 2 апрелалда Буйнакскалда букIараб хасаб операциялъул хIасилалда. Къуваталъул идарабаз кьурал баяназда рекъон чIварал кколел руго Буйнакскалъул изунгьечIогояргъидгIуцIаразул къокъаялде гъорлъе унел рукIарал МухIамадгIисаев Руслан, ГIабдулхIалимов МухIамад ва Самадов ХIусен.

Гьебго «Кавказский Узел» сайталъул бетIерав редактор Григорий Шведовас Дагъистаналъул «Новое Дело» газеталда бахъараб гара-чIвариялда абулеб буго цересел саназде данде 2013 соналъ Дагъистаналъул тIалъиялъ цохIо къуваталъул рахъ бищанин рохьилалгун къеркьеялъейилан, гьелъ хIасилалги цIикIкIун кьолел ругила.

Амма Шведовасул пикруялда рекъон гьеб битIараб къагIидалъун кколаро, гьелде тIадеги гьаб сагIат гьеб къагIидаялъ лъикIал хIасилал кьуниги хадубалде гьелъ регион рагъде бачине бегьула.
XS
SM
MD
LG