МагъчIваялъе рес

Сириялда жеги 29 чи чIван вуго


Лондоналда бугеб Сириялъул инсанасул ихтиярал цIунулеб къукъаялъ лъазабуна гьатIан къоялъ Хомс шагьаралда 29 чи чIван вугин автомобиль кьвагьиялъул хIасилалдаилан.

Гьеб автомобилалда жаниб кьвагьулеб алат къеркьохъаназ бахчун танин.

Цогидал баяназда рекъон чIваразул къадар бицаралдаса цIикIкIараблъун букIун батилин, щай гурелъул цо-цо гIадамал араб бакI лъачIого камунин кьвагьиялдаса нахъе.
XS
SM
MD
LG