МагъчIваялъе рес

Улкаялда гlадлу биххиялъул гlайиб Москваялда гьабулеб буго Киевалъ


Донецк мухъалъул администрациялъул мина кверде босарал Россиялдехун цIайи цIикIкIарал активистал, Апрель 7, 2014
Донецк мухъалъул администрациялъул мина кверде босарал Россиялдехун цIайи цIикIкIарал активистал, Апрель 7, 2014

​Украиналда гьатIан къоялда Донецк мухъалъул администрациялъул мина кверде босарал гIадамаз итни къоялда гьаркьал кьуна Донецкалъул халкъияб лъидаго бачIеб республика гIуцIиялъе гIоло. Гьезие бокьун буго 11 май щвелалде референдум тIобитIизе ва гьелде босизе буго цого-цо: «Донецкалъул халкъияб республика гIуцIиялъул рахъ кколищ дуца?»-абураб суал.

Цебе лъазабулеб букIана Донецк мухъалъул администрациялъул мина кверде босарал Россиялдехун цIайи цIикIкIарал гIадамазе къваригIун букIанин республика гIуцIиялъул хIукму мухъалъул Шураялъул лигитимияб сессиялда къабул гьабизе, амма депутатал рачIун гьечIо гьеб данделъиялде. Гьелдаса хадуб, администрациялъе гьужум гьабураз лъазабун буго депутатал мандатаздаса махIрум гьарулел ва гьезул бакIалда цIияб халкъияб Шура гIуцIулеб бугин.

Информалатаз лъазабулеб буго Донецк мухъалъул администрациялъул минаялда тIаса гьеб мухъалъул байрахъ нахъе бахъун бугин ва гьеб минаялда цеве вакIарун вугин «Россия, Россия!»-ян ахIулев нус-нус чийин.
Митингалде ракIарараз лъазабун буго, нагагь Киев гьезие квал-квал гьабизе лъугьани гьез Россиялда гьаризе бугин рекъел чIезабулел аскарал гьенире ритIейин. Россиялъул президент Владимир Путинихъе гьабураб гьединаб лъазаби цIалун буго активистаз ракIараразда цебе. Гьедин лъазабулеб буго УНИАНалъ.

Эркенлъи Радиоялъул мухбираз лъазабулеб буго бакIалъул я милициялъ ялъуни хIинкъигьечIолъи цIуниялъул къуватаз кинаб букIаниги хIаракат бахъулеб гьечIин гьеб мина тIадбуссинабизейин. Гьединго лъазабулеб буго Россиялдехун цIийи цIикIкIарал активистаз Харьковалдаса ва Луганскалдаса гIадамал ахIулел ругин Донецкалде жидерго рахъ кквезейин.

Донецкалде сапар бухьун буго «Батькивщина» партиялъул лидер Юлия Тимошенкоца. Гьелъ рикIкIунеб буго ахирисел лъугьа-бахъиназул гIайиб бугин «Крымалъул сценариялда рекъон Украиналъул машрикъалъул рахъалъе аннексия» гьабизе къваригIараб Москваялдайин.

Улкаялда ахирал къоязда кколеб бугелъул гIайиб Москваялда гьабулеб буго Укриналъул премьер-министр Арсений Яценюкицаги.

Арсений Яценюк: «БичIчIулеб буго Украиналде, Донецкалде, Луганскалде, Харьковалде данде гIуцIараб план рагIалде бахъинабулеб букIин. Гьеб буго ахIвал-хIал хIалуцинабизе ва къватIисел улкабаздаса аскарал нижер гIурхъи бахунги рачIун улкаялъул ракь кверде босиялъул план. Гьеб нижеца тезе гьечIо ва дир ракI чIараб буго Донецкалъул, Луганскалъул ва Харьковалъул гIадамазе цогояб унитарияб улкаялда гIумру гьабизе бокьун букIиналда».

Украиналъул президентасул ишал тIуразарулев ва ТIадегIанаб Радаялъул нухмалъулев Александр Турчиновасги улкаялда ахIвал-хIал хIалуциналъул жавабчилъи Кремлалда тIад лъолеб буго.

Александр Турчинов: «Сон байбихьана Украиналда ахIвал-хIал хIалуцинабизе, ТIадегIанаб Рада биххизабизе, рищиял хвезаризе ва нижер улка кесказде бикьизабизе Россиялъ байбихьараб хасаб операциялъул кIиабилеб бутIа».

ГьатIан къоялда Россиялъул рахъ кколел активистаз кверде росун рукIана Луганскалъул ва Харьковалъул административиял минаби.

Амма итни къоялъул къалъудаса нахъе Украиналъул улка цIуниялъул министр Арсен Авковас Facebookалда жиндирго гьумералда хъвалеб букIана Харьковалда активистаз кверде босун букIараб административияб мина тIубанго гьездаса эркен гьабун бугин ва администрациялъул хIалтIухъаби жидерго ишал тIуразе журанин. Амма Украиналъул машрикъалъул рахъалда ахIвал-хIал хутIулеб буго хIалуцараблъун.

Донбассалъул гIадамаз рагьараб кагъат хъван буго Украиналъул тIалъиялъухъе. Гьелда гьез гьарулеб буго сепаратистаздаса ва гьезул ишаздаса жал цIунейин. Гьез кIвар бусиснабулеб буго низам цIунулез щибго гьабулеб гьечIолъиялде ва гIадлу биххулел гIадамал низамалде цIалел гьечIолъиялде.
Гьебго заманаялда Украиналъул нухмалъиялъ такъсирал гьариялъул ишал рагьун руго улкаялъул машрикъалъул рахъалда рукIарал гIемерав чи гIахьаллъарал гIадлу-биххиязда бан. Гьел гIуцIаразе рихьизарун руго туснахъалъул щугоялдаса микьгоялде щвезегIан сонал.

Гьединго итни къоялдаса нахъе къуваталде лъугьунеб буго Россиялъул гражданал Украиналда рукIиналъе болжал бихьизабулеб низам.
Улкаялъул гIурхъаби цIуниялъул хъулухъалъ ва къватIисел ишазул министерлъиялъ чIезабун буго Россиялдаса гIадамал Украиналъул территориялда рукIине бегьулин тIоцебе гIурхъи бахаралдаса бащдаб лъагIалида жаниб 90 къоялъин.

Гьеб буго Россиялъ Украиналъул гражданазе чIезарурал гьединалго гIурхъабазе жаваблъун. Россиялда гьел рихьизариял къуваталде лъугьун руго исана 1 январалдаса нахъе.

ГьанжелъизегIан Украиналда ругел Россиялъул гражданазе рес букIана гьениб лъабго моцI бан хадуб гьениса нахъе ине ва гьеб параялъго тIадвуссине.
Россиялда ва Украиналда гьоркьоб буго визаби гьечIого ине-рачIине рес кьолеб режим. Гьелде тIадеги, кIиябго улкаялъул гражданаз цоцахъе унаго хIалтIизаризе бегьула гIурхъи бахине къваригIунел гурел жиде-жидер улкаялда жанир хIалтIулел паспорталги.
XS
SM
MD
LG