МагъчIваялъе рес

Д.Керри: "Израилалъулгун Палестинаялъул диалог беццизе бакI гьечIеб стадиялда буго."


Америкаялъул пачалихъияв секретарь Джон Керрица Алжиралде визит тIобитIулаго лъазабуна, арбагI къоялъ къаси Иерусалималда рахъазда гьоркьоб букIараб гара-чIвариялда позицияби гIагарлъиялъул рахъалдаса пуланаб прогресс загьирлъаниги, Израилалъулгун Палестинаялъул къалъа-басаял ругин беццизе бакI гьечIеб стадиялдайин.

Гьес кIиябго рахъ ахIана ракълиде нух бахъиялъе ресал кьолеб компромисс батиялде.
XS
SM
MD
LG