МагъчIваялъе рес

Беларусалъ нахъе ахIун буго Интерполалдаса Сулейман Керимов валагьиялъул гIарза.


Беларусалъ нахъе ахIун буго Интерполалдаса Россиялъул бизнесмен Сулейман Керимов ва «Уралкалий» компаниялъул генералияв директор Владислав Баумгартнер ралагьиялъул гIарза.

Гьелъул хIакъалъулъ лъазабун буго Беларусалъул жанисел ишазул министр Игорь Шуневичица. Гьесул рагIабазда Керимов вуго Россиялъул юрисдикциялда гъоркь ва гьесул ишалда хурхараб цIех-рех гьабизе ккола Росиялъ. Баумгартнерида хурхараб цIех-рехги россиялъул рахъалъ гьабулеб буго букIине кколеб къагIидаялда.

Ахирисев аресталде гъоркье восун вукIана 2013 соналъул июлалда, гьес жиндирго хъулухъалъул ресаздаса пайдаги босун къанун хвезабиялъул гIайибги гIунтIизабун. Ноябралъул ахиралда гьесул экстрадиция гьабуна Москваялде ва бихьизабуна рукъалъул арест.
XS
SM
MD
LG