МагъчIваялъе рес

Каиралда гьарурал кьвагьиязул хIасилалда хун вуго полициялъул генерал


Мисриялъул тахшагьаралда арбагI къоялда Каиралъул университеталда аскIоб гьабураб кIиго кьвагьиялъул хIасилалда хун вуго полициялъул генерал. Лъукъун вуго лъабго чи.

Associated Press агентлъиялъул версиялда, хадуб-цебе гьарурал кьвагьиязул мурад букIун батизе бегьула университеталда аскIор рукIарал полициялъулал чIвай.

Низам цIунулезул хIалтIухъабазул пост студентаз гIумру гьабулеб хасаб бакIалда лъун буго, цебесеб соналъул июлалда тIаса рехарав президент-исламист МухIамад Мурсил рахъ ккурал гIолилал протесталъул акциязде рахъине риччангутIиялъул мурадалда.

Мурсил рахъ ккураз ва «Бусурбаби-вацал» багъабашариялъ цо нухалъ гуреб студентал къватIире рахъинарурал манифестациязде, вукIарав улкаялъул бетIер президентасул хъулухъалде нахъ вуссинави тIалабги гьабун.

Полициялъулгун ккарал тунка-гIусиязда рукIана хваралги лъукъаралги.
XS
SM
MD
LG