МагъчIваялъе рес

Лавров-Керри данделъиялъул хlасилал


Америкаялъул Пачалихъияв секретарь Джон Керри ва Россиялъул къватIисел ишазул министр Сергей Лавров, Париж, Март 30, 2014
Америкаялъул Пачалихъияв секретарь Джон Керри ва Россиялъул къватIисел ишазул министр Сергей Лавров, Париж, Март 30, 2014

​Америкаялъул Пачалихъияв секретарь Джон Керрица ва Россиялъул къватIисел ишазул министр Сергей Лавровас Парижалда тIоритIана Украиналъул кризисалда хурхун ункъго сагIаталъ халат рахъарал кIалъа-ралъаял. Гьелдаса хадуб гьел кIиязго пресс-конференция кьуна батIа-батIаго.

Пачалихъияв секретарь Джон Керрица абуна Россиялъул къватIисел ишазул министр Сергей Лавров разилъанин Украиналъул кризис дипломатиял къагIидабаз рагIалде бахъинабизе ккеялдайин.
Керрица гьединго абуна Укрианалда хурхун кинабгIаги хIукму къабул гьабизе гьечIин жалго украиналъулазул гIахьаллъи гьечIогойин.

Джон Керри: «Америкаялъул Цолъарал Штатаз Украиналъул нухмалъигун дандбала гьеб процессалъул щибаб гали. ХIукму къабул гьабизе кканиги гьеб гьабизе буго Украиналъул лигитимияб хIукуматгун цадахъ гIодорги чIун. Украиналъул гIахьаллъиги гьечIого Украиналда сверун хIукму къабул гьабизе гьечIин абураб принцип цIунун букIине ккола»

Керрица гьединго абуна жинца борханин Украиналъул гIурхъабазда аскIоб Россиялъул рагъулаб кIудияб къуват бакIарун букIиналда хурхун Вашингтоналъул «кIудияб рахIатхвей» букIиналъул суалгийин.

Джон Керри: «Украиналда хIакъикъияб прогресс хурхараб букIине ккола Укрианалъул гIурхъабазда аскIоб бакIарун бугеб Россиялъул кIудияб рагъулаб къуват нахъе бачиналъулъ. Россиялъул къватIиел ишазул министрасулгун букIараб данделъиялда дица борхун букIана гьелда бан нижер кIудияб рахIат хвеялъул суалги. Нижеца рикIкIуна гьел аскараз хIинкъикьеялъул климат гIуцIулеб бугин Украиналдайин».

Гьелдаса цебе Лавровас нахъчIван букIана Россия Украиналде тIадекIанцIизе рес бугин абураб, гьебги Украиналъул машрикъалъул гIурхъабазда чIун ругел Россиялъул анцI-анцIазар аскариязде балагьичIого.

Цоцаздаса батIа кьураб брифингалда Лавровас абуна Украиналда кIвезе гьечIин цо пачалихълъун букIине, гьеб букIине кколин жиндирго экономикияб модельги, мацIги, динги тIаса бищараб регионазул федерациялъунин.

Лавровас гьединго абуна живги Керриги разилъанин цоцалъ рекъон хIалтIизе Украиналда гIурусалъ кIалъалеб халкъалъул ихтиярал цIунулаго ва гьес абухъе «яргъидгIуцIарал къукъабигун провокаторазухъа» ярагъ нахъ босиялъул ишалъулъин.

Сергей Лавров: «Нижеца къотIи гьабуна Украиналъул хIукуматгун ва дагьабги гIатIидаб магIнаялда Украиналъул халкъгун рекъон хIалтIизе, гьебги гьитIинал миллатазул ихтиярал цIуни, мацIазул ихтиярал, армияъул гурел рагъулал къуватал ва провокаторал яргъидаса махIрум гьаригIадинал кIвар бугел масъалаби рагIалде рахъинаризелъун, гьединго халкъазда гьоркьосеб контролалда гъоркь конституционияб реформагун ритIухъал рищиял тIоритIиялъулъги».

Крымалъе аннексия гьабуралъухъ Америкаялъул Цолъарал Штатаз ва Евроцолъиялъ Россиялде данде хIалтIизарулел ругел санкциязда рекъон президент Владимир Путинил гIагардисеб сверухълъиялъе чIезарун руго визаби кьеялъул гIурхъабиги цIорозабун буго къватIисел пачалихъазул банказда бугеб гьезул гIарацги.

Магърибалъул лидераз абулеб буго хадусел санкциял рукIине ругин Россиялъул экономикаялда ай газгун нартил индустриялда хъваралин, гьебги Москваялъ Украиналда ахIвал-хIал хIалуцинаби хадубги халат бахъинабулеб бугони.

РакIалде кковухъе Украиналда бугеб ахIвал-хIал ва Россиялъул ишал гьоркьоб лъураб данделъи тIобитIизе буго Брюсселалда талат ва арбагI къоязда НАТОялъул къватIисел ишазул министраз.
XS
SM
MD
LG