МагъчIваялъе рес

«Экспресс» банкалъул клиентаз жидерго гIарац тIалаб гьабулеб буго


Russia -- Russian money (banknotes), 21 January 2013.
Russia -- Russian money (banknotes), 21 January 2013.

ЛъагIалица цебе банкроталде ккараб дагъистаналъул «Экспресс» банкалда букIараб гIарац щун гьечIо жеги чанго аза-азар чиясе. Гьединазул цо къокъаялъ 21 марталда МахIачхъалаялда жидер гIарац нахъбуссинабеян тIалаб гьабун акция тIобитIана.

Рузман къоялъ МахIачхъалаялда «Сбербанкалъул» аслияб минаялда цебе батIияб чIаголъи лъугьун букIана. Гьенир ракIарарал гIадамаздаса цIикIкIун полициялъулалги ругоан банкалъул кIалтIу цIунун.

Низам цIунулездасан хадуб лъана «Сбербанк» бахъизе чагIи рачIун ругин абун ахIиги бахъинабун, ракIарун рукIараллъи гьел. Амма гьенир данделъараз лъазабулеб букIана жидеца щибниги бахъизехъин гьечIин, жалго бетIергьанаб гIарац нахъбуссинабеян тIалаб гьабулеб бугилан.

Киналниги гьел ахIи-хIур бахъинабурал чагIи ккола лъагIалица цебе банкроталде ккун къараб «Эксперсс» банкалда гIарац гIунун букIарал чагIи. Жидер нус-нус аза-азар гъурщидаса бахъараб чанго миллионалде щвезегIан гIарац гьоркьоб анин бицана «Эркенлъи» радиоялъе акциячагIаз.

Гьеб къоялъ букIараб кинабго рагъа-рачари гIуцIарав ГьиматхIажиев Темирханица бицухъе банк къан хадуб гьесул счеталдаса тIагIун буго чанго миллион.

ГьиматхIажиев Темирхан: «Дир фирмаялъул счеталда банкалда лъун букIана 4 миллионгун 272 азарго гъурущ. Дир гьеб гIарац бикъун буго, бикъун бугин кинха абичIого телеб гIарац тIалаб гьабун банкалде щвараб мехалъги, гьелдаго хадуб банкалда бугеб гIарац цIунулеб, ай страховая компаниялде араб мехалдаги дида лъазабуна дур гIарацил 2013 соналъул 8 январалъ дуцаго нахъе босун букIун бугилан.

Нахъе босулелъул гIуцIараб цониги документги гьечIо гьезул, гьединаб гIемераб гIарац кодобе кьолеб жойищ букIунеб. Хасго гьеб къоялъ цIияб соналъул байрамалги рукIун Дагъистаналъул банкали щиб гурин тIолабго нилъер пачалихъалдаго цониги банкцин хIалтIулеб букIинчIо».

Гьеб акциялде гIахьаллъизе рачIун рукIана миллионазулъан иш бугел бизнесменал гурелги, чанго соналъ данде гьабураб жидерго пенсия гьоркьоб иналда хIинкъарал цIикIкIараб ригьалъул гIадамалги.

МухIамадгIалиев МухIамад: «Дир счеталда лъун букIана лъабнусазарго гъурущ. Чанги саназ тIатIала лъураб пенсиялъул гIарац букIана гьеб. «Экспресс» банкалда букIараб гIарац «Сбербанкалъ» кьолеб бугинги абун дун цин гьениве щвана, гьез абуна дир счет къан бугила гьединлъадал мун гьеб гIарцул страхование гьабулеб компаниялде ине кколилан, гьезги дида абуна жидеца щибго тIадкIалъай гьабичIого кьелаанин дуе гIарац, амма дур счет Москваялдаса Федералияб хIинкъигьечIолъи цIуниялъул идараялъ къан бугилан.

Гьелдаса хадуб хъван гIарзагун дун вилълъана Дагъистаналда бугеб федералияб хIинкъигьечIолъи цIунулеб идараялде. Гьез чанго сагIаталъ мухIканаб сурав босана дихъа.

Кида гьеб гIарац гьениб лъураб, щив кассиралъухъе кьураб, киналго дир документазухъ ралагьана, амма гьеб счет къаялъул багьана бицинчIо. Жидеца бащадаб лъагIалидасан яги лъагIалидасан кьелин жаваб гьеб кьезегIан чIайилан лъазабуна дида» - гьедин бицана «Эркенлъи» радиоялъе «Экспресс» банкалда букIараб гIарац кодобе щвечIев МахIачхъалаялдаса пенсионер МухIамадгIалиев МухIамадица.

40 минут гIанасеб заманалъ халат бахъараб гьеб тадбиралъул гIахьалчагIазда полициялъулаз лъазабун буго нужеца гьаниб гIемераб заман бани яги батIи-батIиял хъвай-хъвагIаял тIад ругел игIланал къватIире рахъани гьеб къанун хвезаби кколин, гьаб акцияги къануналда рекъон тIобитIулеб гьечIин, гьединлъидал жидеца нуж ккун рачине кколилан.

Гьедин абуниги «Сбербанк» бахъизе чагIи рачIун ругинги абун ахIуд рахъинарун рачIарал полициялъулаз щибго квал-квал гьабичIого тун рукIана разигьечIел «Экспрессалъул» клиентал.

Акциялде рачIарал журналистазе киналго баянал кьун, жидерго тIалабал загьир гьарун хадуб акциячIаги рикьа-риххизаруна гьеб тадбир гIуцIарав ГьиматхIажиев Темирханица.

ГьадингIан хехго щайин гьаб тадбир лъугIизе толебин цIехедал гьес «Эркенлъи» радиоялъе бицана полициялъулгун гъалмагъир ккелалде гьаб лъугIизе толеб бугила, бокьараб букIине бегьулила, ургъунго жал цоцаде гьусизе чагIи щвезеги бегьулила гьанире, амма гьалдалъун жидеца къеркьей лъугIизе тезе гьечIила.

ГьанжелъагIанги цIех-рехалъул идарабаздеги, диванханаялдеги киса-кирего хьвадулев вугила жив гIарац тIалаб гьабун, гьеб нахъе щвечIонигицин, гьавгощинав чиясул гIарац гьоркьоб инабурал чагIазе тамихI гьабизабичIого жив гIодове вусссунарилан бицана Темирханица.

Жакъа къоялде официалиял идарабаз кьурал баяназда рекъон «Экспресс» банкалда лъун букIараб гIарац нахъе щун гьечIо 11 000-гIан чиясе.
XS
SM
MD
LG