МагъчIваялъе рес

Интернеталда "патриотазул" Макаревичасде данде компания


Андрей Макаревич
Андрей Макаревич
Интернеталда байбихьун буго Россиялъул президент Владимир Путинихъе хъвараб кагътида гъоркь гъулбасал ракIаризе. Гьелда хъвалеб буго кочIохъан Андрей Макаревич Россиялъул халкъияв артист абураб цIаралдаса ва «ВатIаналъе гIоло гьабураб хIалтIухъ» абураб орденалдаса махIрум гьавизе кколин. Гьебги 15 марталда Москваялда рагъалде данде тIобитIараб маршалда гIахьаллъаралъухъ.
Макаревичас бахчулеб букIинчIо Россиялде гъорлъе, гьес абухъе «нич тун» Крым бачиналде данде жив вукIин. Гьес жинцагоги хъван букIана Украиналда бугеб ахIвал-хIалалда сверун Путинихъе кагъат.
Рагъалде данде лъазабиял гьарун рукIана Россиялъул инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун батIи-батIиял идарабазги, гIалимзабазги, экологазги цогиязги. Гьездаго гьоркьор руго гIурус-рок цIваби – Юрий Шевчук, Бopиc Гpeбeнщикoв, Bячecлaв Бyтycoв ва Maкcим Лeoнидoвги.
XS
SM
MD
LG