МагъчIваялъе рес

Заманалда хадур гъоларел мугIалимзабиги, терроралъе гIоло гьабулеб магIишатги


27 марталда МахIачхъалаялда тIобитIана Дагъистаналъул Халкъияб Мажлисалъул сессия. Гьениб бицана республикаялъул спортсменал къватIиса пачалихъазе гIоло церерахъине ине гьукъизе кколинги, мажгиталго гIадин бизнесчагIаз школалгун лъималазул ахал разе кколиланги цогидабги. Бицана гьединго экстремистазе квербакъизелъун МахIачхъалаялъул базараздаса чанго азарго евро битIаниланги.

Кидаго гIадин гьаб сессияги байбихьана батIи-батIиял фракцияз пуланаб масъалаялда тIасан пикраби загьир гьариялдалъун.
Масала, коммунистазул вакил МахIмуд МахIмудов рази гьечIоан Дагъистаналда магъалаби Шималияб Кавказалда ракIарулездаса кIиго нухалъ дагь ракIарулел ругилан. Гьединго пачалихъиял гIуцIабазул нухмалъулез хIалтIухъ харжал конвертазда жанир лъун кьолел рукIиналдаса (бюджеталъул гIарцуе хIармал гьарулел рукIин ккола гьелъул магIна).

«Россиялъул патриотазул» вакил МухIамад ГIарациловасда лъикIаблъун бихьулеб буго Дагъистаналъул спортсменал къватIиса пачалихъазе гIоло церерахъинарине унгутIиялъе хIалтIи гьабизе. Спорталъул ва физкультураялъул рахъалъ къабул гьабураб Дагъистаналъул къанунги щвалде щун хIалтIулеб гьечIилан абуна гьес.

«Справедливая Россиялъул» вакил Мурад Пайзулаев абуна цо-цо бизнесменаз мажгитал разе кьолила гIарац. Мажгиталго гIадин школалгун лъималазул ахалги хIажат ругила нилъее. Гьенибе щайила гьез гIарац биччалареб?
«Единая Россиялъул» вакил Нариман Асваровас бицана республикаялда лъай кьеялъул иш тIубан тIатIала ккун бугилан. Лъималазде гIайиб гьабунги бажаруларила, щайин абуни гьезие дарсал кьолел мугIалимзабазул жидергоги гIураб даража гьечIила. Гьединго жалго цIаличIеб гIелмуялъул дарсал кьолел ругила цо-цояз. Советияб заманалъул мугIалимзабазда цебе жакъа къоялъул тIалабал цере лъейги битIараблъун бихьулеб гьечIо Асваровасда. Щайин абуни гьел жегиги хадур гъун гьечIо жакъасеб гIумруялда.
Хадуб парламенталъе хIисаб кьуна Дагъистаналъул жанисел ишазул министр ГIабдурашид МухIамадовас. 2013 соналда республикаялда букIараб ахIвал-хIалалъул бицана гьес.

Гьедин гъоркьисала Дагъистаналда нахъчIвана 53 теракт. ЧIвана 167 террорист. Гьезул 10-яв вукIана террористазул цевехъан. Ккуна ва тамихIалде цIана гьезул 213 чи, кверде вачIинавуна 27-яв. Гьездаго цадахъ камулел руго низам цIунулелги - 92 хIалтIухъан. ЦохIо Буйнакскиялда хасал операциял тIоритIулаго камуна ичIго полициялъулав.

ГIабдурашид МухIамадов: «Абизе ккола ахираб заманалда нижеца Буйнакск лъабго-ункъониги нухалда бацIцIад гьабунин хъачагъаздаса, амма нахъойги добго жо лъугьунеб буго гьениб – гъоркь рукIарал цереса аралго, гьел хисун цойгиги хъачагъал раккулел руго. Хъачагълъи гьабулел рукIун туснахъалъур тIамун рукIарал гIадамал эркенлъун хадурго гьебго пишаялде тIаруссунел руго. Масала, Бамматхан Шейхов. Генусан ккун вачун туснахъ гьавун вукIана гьев, къватIиве виччайдал, Буйнакск шагьаралъул ва гьеб мухъалъул хъачагъазе нухмалъи гьабизе лъугьана. Цинги лъагIалил ахиралда хасаб операциялда чIвана».

Жакъа къоялда Дагъистаналда буго республикаялда ахIвал-хIал хIалуцинабулеб, террористазулин рикIкIунеб 13 гIуцIи. БатIи-батIиял бакIазда гьарурал блиндажазухъгун мархьияздаги батун буго 147 автоматги, 14 пулеметги, 32 гранатометги, 294 таманчаги, 60 азаридаса цIикIкIун килограмм патроназулги, цогидабги.

Кванидалъунги, дарабаздалъунги, ярагъалдалъунги, ретIел-куналдалъунги гьабураб гIечIого жеги гIарцудалъунги гьабулеб бугин цо-цо бизнесменаз хъачагъазе кумекилан бицана сессиялда жанисел ишазул министр ГIабдурашид МухIамадовас. Гьес рехсана МахIачхъалаялъул даран-базаралъул кIиго тукадаса гьезие битIараб гIарацги.

ГIабдурашид МухIамадов: «Цо моцIалъ цо тукадаса 25 азарго евро рехун буго, цогидаб моцIалъин абуни цогиги тукадаса – 300 азарго гъурущ битIун буго».
2013 соналда Дагъистаналда гьабун буго 14 азарго такъсир. Цебеялда дандеккун гьеб дагь бугин абуна министрас. Гьезда гьоркьор дагьлъун руго низам цIунулел чIвазе къасд гьаби, гIадамал рикъи, хъачагълъи гIадал вахIшиял такъсирал. ЦIикIкIун буго гьел такъсирал рагьиялъул ишги – 78 проценталъ. 8 212 чи тамихIалдеги цIан вуго. Гьелдаго цадахъ цIикIкIунел руго изну гьечIо ярагъ бича-хиси, ярагъ хIалтIизабун гьарулел такъсирал. Гьедин республикаялда гIадамазухъ кутакалда гIемерлъун буго ярагъ. Жидеца гIадамазухъа бахъарабгIанасеб ярагъ - 167 автоматги, 16 пулеметги, 36 гранатометги, 323 таманчаги, 527 гранат, 63 азаридаса цIикIкIараб патронги, кьвагьулел жалазул 14 килограммги, цогидабги - Россиялда цониги регионалда гьечIин абуна ГIабдурашид МухIамадовас. Гьедин къазе кIун руго Дагъистаналде ярагъ бачIунел цо-цо нухал ва жибго гьеб гьабулел бакIал. Гьебги гIемерисеб мехалда батулеб буго травматикалъул ва газалъул тунчуздаса кьвагьулел тунчул гьарурал. Сергохъалаялдагун Хасавюрталда тIатинарун руго гьел гьарулел бакIал.

Наркоманаз гьабун буго 2 637 такъсирги. Гъоркь букIаралда дандеккун гьеб рахъалъ гьарулел такъсирал цIикIкIун руго.

Экстремистаз жидерго кьералъе гIисинал лъимал цIалел ругин бицана министрас. Гьедин динияб цIайиялъул батIи-батIиял школал рагьун ратанила, полициялъ гьел къанила. Мисалалъе рачана Хасавюрт мухъалъул ЦIиябсасикь къараб мадрасаги. Гьениб кьолеб лъаялда ракIги чIечIого, 200 лъимер эбел-инсухъе щвезабунила жидеца. Гьединалго школал МахIачхъалаялдаги рагьизеги къваригIун рукIанин цо-цо чагIазе, амма гьениб кьолеб лъаялдаги тарбиялдаги щаклъи кканин жидерин абуна министр ГIабдурашид МухIамадовас.
XS
SM
MD
LG