МагъчIваялъе рес

Кин борцунеб хъулухъазухъ мухь?


30 марталда МахIачхъалалда тIобитIизе буго минаби ралел компаниязул вакилзабазул митинг. Гьезие къваригIун буго цIиял минабахъе рахъиндал, къануналда рекъон, гIадамазе лъимги, газги, канлъиги борцунел алатал чIорого лъезаризе кколин абураб тIалаб Дагъистаналъул хIакимзабазда цебе лъезе. Амма гьабсагIаталдайин абуни гьел лъолел руго 25-50 азарго гъурщиде.

30 марталда МахIачхъалалда тIобитIизе буго минаби ралел компаниязул вакилзабазул митинг. Гьезие къваригIун буго цIиял минабахъе рахъиндал, къануналда рекъохъе, гIадамазе лъимги, газги, канлъиги борцунел алатал чIорого лъезаризе кколилан абураб тIалаб Дагъистаналъул хIакимзабазда цебе лъезе.

МахIачхъалаялда гIагарлъухъ буго гьанжего-гьанже гIун бачIунеб Семендер абулеб бакI. Гьенир цIиял минабахъе рахъарал гIадамазул 30 проценталъ жидер рукъзабахъ электроэнергияги, газги, лъимги борцунел алатал ришваталъе 25-50 азарго гъурщги кьун лъунин бицана ЭР-ялъе гьеб бакIалда гIумру гьабулев Назимица.

КIиго соналъ цебего 25 азарго гъурущги кьун гьес жинцагоги лъун буго кIиго алат – газги электроэнергияги борцунеб. Гьел лъечIел чагIазухъейин абуни щибаб моцIил ахиралда рачIунин инспекторал хIалтIизабураб лъехъги, электроэнергиялъухъги, газалъухъги гIарац босизейин бицана Назимица. ГIадамаз абулила жидее бокьун гьечIин гIадада гIарац кьезе, лъе жидее гьел алатал. Гьезул багьа буго 500 гъурущ, лъуралъухъги уна гьедигIанго.

Амма Назимица бицухъе, инспектораз тIалаб гьабула 25, 40,50 азарго гъурущ. Гьеб масъала гIезегIан лъикI лъала Абакаров Абакаридаги. МахIачхъалаялда гIемертIалаяб чанго мина бана гьес.

Къануналда рекъон, газги, электроэнергияги, лъимги борцунел алатазул багьа щунусго гъурущ гурони гьечIин абуни, гьадин жаваб кьолин жиндие гьел хъулухъазухъ гIарац бакIарулел инспекторазин бицана Абакаров Абакарица.

Абакар Абакаров: «Лъе, лъе гьедин батаниян абула гъоз. Цинги гьез дун вачIинавула къануналда рекъон гIарза хъвазе. Гьалейин анцIазарго чи чIун вугин гьеб алат лъезе иргаялда, мун анцIазаралда тIоцевесев вугин бичIчIизеги гьабула. Гьединлъидал кIиго соналдасан вачIайин, жидеца дуе гьеб щибго квалквал гьабичIого лъелинги абула. Гьеб заман тIаде щвезегIан канлъиги, газги, лъимги гьечIого рукIун бажаруларелъул, щиб гьабилеб? Гьеб мехалда ургъизе кколаха инспекторас абухъе 50 азарго гъурщиде доб алатдай лъела, яги хIалтIизегицин гьабичIониги коммуналиял хъулухъазухъ гIадада гIарацдай кьелаян. Бищун квеш ккараб жо буго электроэнергиялъухъги, газалъухъги, цогидалъухъги Дагъистаналда тIад гьадинги кIудияб налъи букIин, гьединан гIадамазухъа гIарац бакIараниги гьеб налъи бугелъубго хутIулеб букIин. Гьеб суал тIаде кколел хIакимзабиги зама-заманалдасан хис-хисула. Гьезие жидеего щолеб жо щун букIуна. Масъалайин абуни тIубачIого хутIула».

Абакар Абакаровасул рагIабазда рекъон, цоги квеш ккараб жо буго гьес гIадин нусго яги цIикIкIун рукъзабазул минаби ран лъугIидал, газги, лъимги, электроэнергияги борцунел алатал щайин лъоларел абун, гIадамаз гьеб минаби ралеб компаниялъул нухмалъулесде гьужумал гьарулел рукIин. Гьедин ахирги коммуналиял хъулухъазухъ гIарац бакIаризе рачIунел инспекторал «кваназаризелъун» гIадада гIарац кьечIого рес букIунаро гIадамазул.

ГIададайин абураб жоялъул магIна – гьез инспекторазе кьолеб ункъазарго, щуазарго гъурщида гьоркьоса бащадаб багьаялде гурони гьел хъулухъаздаса пайда босун букIунарелъул. Гьел алаталги лъола гIицIго пачалихъияб идараялъ, жалго бетIергьанал гIуцIабазул ихтияр гьечIо гьел лъезе. Гьеб рахъалъ монополия гьабулеб буго пачалихъалъ. Гьединлъидал гьеб бугин пачалихъалъ ургъараб ришватчилъиялъул схемайин рикIкIунеб буго ралел бакIазул компаниязул вакилзабаз.

Гьеб суалалда тIасан Абакаровасги минаби ралел цогидал компаниязулги нухмалъулез хъван букIана Дагъистаналъул нухмалъулесухъеги, прокурасухъеги, цогидал идарабазухъеги хъван букIана. Амма жеги хIасил ккун гьечIо.
Гьединлъидал гьанже гьезда ракIалде ккун буго 30 марталда МахIачхъалаялда митингалде рахъине.
XS
SM
MD
LG